МагъчIваялъе рес

Дагъистаналде ахIизе бегьула гIурус мацIалъул мугIалимзаби


Дагъистаналде ахIизе рес буго гIурус мацIалъул мугIалимзаби. Гьедин абуна гьал къоязда Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница ва гьелъие гIиллалъун рехсана республикаялда гьединал мугIалимзабазул махащалил даража нахъе ккун букIин. Гьеб баянлъун буго Пачалихъияб цогояб экзамен кьолеб мехалда. Амма республикаялъул лъай кьеялъул идарабазул хIалтIухъабазе киназего гуреб гьеб хIукму рекIее гIолеб бугеб.

КватIичIого Дагъистаналде рачIине бегьула россиялъул шагьараздаса гIурус мацIалъул ва литератураялъул мугIалимзаби. Гьединаб масъала лъун буго Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница республикаялъул лъай кьеялъул нухмалъиялда цебе. Щайгрелъул исана Дагъистаналда гIурус мацIалъул, пачалихъалъул цогояб экзамен кьолелъул цIакъго квешал хIасилал рихьизарун руго цIалдохъабаз. Пачалихъалъул цогояб экзаменалъул хIасилазул бицунеб пресс-конференциялда лъай кьеялъул министр ШагьгIабас Шагьовас журналистазе баян гьабуна гьеб хабар. Амма кинаб къагIидаялъ ва чан чи гIурус мацI малъизе Дагъистаналде ахIизе вугевали жеги мухIкан гьабун рагIуларо. ЦIакъго рес къотIараб хIалалде ккани гурони гьел ахIизе гьечIин, цин нилъерго гьанир ругел мугIалмизабазул махщалил даража борхизабизе бугин жидеца. Гьедин киналго мугIалимзабазул аттестация тIобитIизе рагIула Дагъистаналда.

Жакъа щалниги ахIизе кколарин Дагъистаналде, цин нилъерго гьанир ругезул къимат гьабизе кколин абуна гьелда тIасан «Эркенлъи» радиоялъе жиндирго пикру загьир гьабулаго Хунзахъ мухъалъул ГьоцIалъа ХIасанова ПатIиматица. 30 соналъ росдал школалда гIурус мацIалъул мугIалимлъун хIалтIулей йиго гьей. Гьелъ абулеб буго лъай бугел мугIалимзабазе нухги къан, щибниги махщел гьечIого заочно тIадегIанаб цIалул идара лъугIарал гIадамал росулел ругин шкоалде хIалтIизе.

ХIасанова ПатIимат: «Ришваталги кьун, анцIабилеб классалда цIалулев гIолиласулгIанцин лъай гьечIел чагIи росулел руго школалде, гьелги заочникал. ЛъикIаб махщелалъул мугIалимзаби нилъер гIемерал руго, хIалтIизе росулелани. Щай россиялдаса рачине кколел нилъерго лъай кьеялъул хIалтIухъабазе хIалтIизе ресги кьечIого.

ЭР: «Гьел дуца абулел, лъай гьечIого хIалтIизе росарал мугIалимзабазул махщалил даража борхизабиялъул мурадалда гьезул аттестация тIобитIизе рагIулаха лъай кьеялъул министерлъиялъ».

ХIасанова ПатIимат: «Гьелъ кинаб пайда кьезе бугеб тIабигIталъ лъун гьечIони гьесда жаниб пагьму. ЙитIун йикIана нижер гьаниса цо яс гьединаб аттестациялде Москваялде, щибниги хIасилги ккечIого ячIана. Кинаб лъайгун школалдаса гьев ун ватаниги гьебго куцалда вачIуна гьев гьенивеги».

Амма цониги гIурус мацIалъул мугIалмизаби гьечIелги школал рагIула жакъа магIарухъ. Гьединазул цоязул хIакъалъулъ «Эркенлъи» радиоялъе бицунеб буго Гумбет мухъалъул лъай кьеялъул нухмалъулев КъурамухIамадов Мусаца, гьединлъидал зарал букIинарин гьанире ахIулел ругел гIурус мугIализабазулилан абуна гьес.

ЭР: «Щай гьеб гьедин бугеб, кинаб бугеб гьелъие бищун аслияб гIилла?

КъурамухIамадов Муса: «Лъималазул гъира гьечIо мугIалимлъун цIализе ине. ЦебегIадин къадруялда гьечIо гьеб хъулухъ».

ЭР: «Нужер мухъалда чан школа бугеб гIурус мацIалъул мугIалимзаби хIажатаб?».

КъурамухIамадов Муса: «МелъелтIа абугеб школалда гьечIо гIурус мацIалъул мугIалим, гьединабго хIажалъи буго ЦIиябаргъвани росдал школалъулги, руго жеги цогидалги бакIал гьел хIажатаб».

ЭР: «Нилъер гьаниб мугIалимасул харж кIудияб гьечIеблъи лъала киназдаго, гьедин букIаго разилъиладай дол гIурус ракьалдаса мугIалимзабти Дагъистаналде рачIине?»

КъурамухIамадов Муса: «Гьединал шартIазал гьел хIалтIизе разилъилилан кколаро битIараб бицани. Коммуналиял хъулухъазухъ цебе гIадин гIарац кьолеб гьечIо мугIалимасе, гьединго гьесие вегизе рукъ-бакIалъул рахъалъги гьабизе кколелъул кумек, гьанире рачIун гIоларелъул гьел».

Россиялдаса Дагъистаналде гIурус мацIалъул мугIалмизаби ритIулел рукIана гьанжего гьанже совет хIукмат бергьун хадуб, магIарул росабалъ лъавукълъи лъугIизабиялъул мурадалда. Доб мехалъ гьелъул бергьун кIудияб хIажалъи букIанин ва патриотикияб асар гъорлъ бессарал чанги гIурус ракьалдаса ясал рачIанин Дагъистаналде. Гьанже хъизан хьихьизе гIолареб мугIаламисул гьитIинаб харжие гIоло Россиялдаса рахъарал Дагъистаналде щвезегIан гьел рачIиналда щаклъи бугилан абулеб буго соц.сетазда хъвадарулел гIадамаз.

XS
SM
MD
LG