МагъчIваялъе рес

Рагьизе ругищ Дагъистаналда киналго школаби?


Исана Дагъистаналда гIаммаб лъайкьеялъул школазда цIалул сон заманалда байбихьизе букIиналда щаклъи буго республикаялъул гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул мнистерлъиялъ. Гьелъие гIиллалъунги кколеб буго цIа ккеялдаса цIуна-къаялъул рахъ гьениб букIине кколеб гьечIолъи. Гьедин Гъизилюрт мухъалда гьал къоязда къан буго чанго росдал школа. Кида гьел рагьизе ругелалиги жеги мухIканго лъалеб гьечIо. Гьедин лъазабулеб буго Гъизилюрт мухъалъул администрациялъул пресс-хъулухъалъ.

Дагъистаналъул гIорхъолъа рорчIарал ахIва-хIалазул министерлъиялъул Гъизилюрт мухъалъул бугеб батIаялъул хIалтIухъабаз гьал къоязда тIоритIун руго мактабахъ цIа ккеялдаса цIуниялда хурхун тадбирал. Гьедин лъазабулеб буго Гъизилюрт мухъалъул пресс-хъулухъалъ. Чанго росдал мактабахъ тIадал гьел тIалабал тIуралел ратун гьечIо, гьениб цIалул сон байбихьиялда щаклъи буго тIоцебесеб сентябрь щвелалде гьез бугеб хIал хисизабичIони-ян бицана «Эркенлъи» радиоялъе пресс-хъулухъалдаса чияс.

Гьедин къарал мактабазда гъорлъе ккун буго Мацаевка росдал мактабги. Нижехъе бухьен гьабизе щвечIо мактабалъул директор ИбрагьимхIажиев Шамиль, гьев Дагъистан тун къватIивехун вукIиналъ. Министерлъиялъул баяназда рекъон, Дагъестаналда кинабниги 2 444лъайкьеялъул учреждение буго, гьенир 408 азарлдаса цIиккIун лъимер цIалулеб буго . Киналго мактабазда гъорлъ 284 мактаб цIа ккун бокьараб лахIзаталъ бухIизе аги биххун инее хIинкъи бугеб буго.

ГIорхъолъа рорчIарал ахIва-хIалазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул офицалиял баянал данделъиялдаса хадур гурого кьолел гьечIо. Амма жиндир цIар рехсезе бокьичIев министерлъиялъул хIалтIухъанас бицана гьел тадбирал тIаса-маса тIоритIун толин, рукIине кколел цIаялдаса цIуниялъул хIужаби ращдал школаздаги рукIунарин. Гьединго гьес бицана басриял мактабазул минабазда жанир рачарал токалъул кварал ругин цIакъ заман барал. Шагьараздаса гIебеде къачIарал мактабал ругониги росабалъ гьел цIакъ инжитал, басриял минабахъ ругин бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

МагIарул мухъалда ГIорхъолъа рорчIарал ахIва-хIалазул министерлъиялъул вакил Къебедов МухIамадрасулица бицана цIа ккеялдаса цIуниялда хурхун санайил гьарулел тадбирал байбихьун ругин. Гьесул рагIабазда рекъон гIисинал мактабахъ кколин кIвар кьун хIалтIаби гьаризе. Гьедин Унсоколо мухъалда цIиял токалъул кварал рачун, щитал лъун ругин гIемерисел мактабахъ, амма тIаде квер щвечIелги гIемер мактабал ругилан бицана гьес. Гьединал хIажалъалабазе харж гьабизе биччараб гIарацги гIемер букIунарин. МагIарул цогидал мухъазда басралъарал мактабал хисун цIиял разе заман щун бугин, гурого гьениб кигIан гIемер сали баччун таниги цIа ккун къварилъи ккеларин абураб жоялда божи гьечIилан бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе:

МухIамадрасул Къебедов: «Киналго хIажатал тIалабал тIуран руго. Щиталги руго, цIиял кваралги руго. Амма цо суал буго гьелда жаниб. Хасало мактабал хинлъизариялъул суал. Басриял мактабахъ токалъул кварал сахал гьечIел ругонани, цIиял мактабазул къадал рицатал гьечIел, квач биччалел рукIуна. Батарейкабаз кьураб хинлъи гIоларого рала электрикиял печал. Гьеле гьездаса букIуна хинлъи. Амма тIалабал киналго тIуран руго».

Хунзахъ мухъалъул мугIалим Изамудинова ГIайшатица бицана, хасало цIакъ кьварарал квачал ругеб мехалъ кинго хинлъуларила мактаб. Гьенибе хIукуматалъ бухIизе биччараб тIурччиги цIакъ дагьаб къадар гурого букIунарила. Гьебги къиматалда бухIулила. Гьелъ кидаго школалда токадлъул печал ран рукIунилан. Лъайкьеялъул министерлъиялъул хIалтIухъанасул баяназда исана гIемер мактабахъ цIалул сон байбихьи щакаб буго.

Алдашева Алиса

XS
SM
MD
LG