МагъчIваялъе рес

Дагьлъун бугищ Дагъистаналда чIвалел полициязул къадар?


2014 соналъул ихдалил лъабго моцIида жанив Шималияб Кавказалда чIварал полициялъул хIалтIухъабазул къадар гIемерго дагьлъун буго. Гьединаб баян кьуна гьал къоязда инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъ. Гьелъие гIиллалъунги инсанасул ихтиярал цIунулез рикIкIунеб буго Дагъистаналда ругел радикалияб пикруялъул гIолохъаби Сириялда ва ГIиракъалда ругел рагъулал тунка-гIусиязулъ гIахьаллъизе ин.

Араб соналде дандеккун Шималияб Кавказалда чIварал полициялъул хIалтIухъабазул къадар дагьлъанин абулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез. «Мемориал» гIуцIиялъул хIалтIухъабаз гьарурал цIех-рехазда ихдалил лъабго моцIида жаниб Шималияб Кавказалъул ункъо республикабазда чIван вуго 12 полициялъул хIалтIухъан. Гьел ккола Дагъистан, Гъалгъаязул республика, Карачаевазулгун Черкесазул ва Гъабардагун Балкаразул республикаялда чIварал чагIи.

2013 соналъул хасалил гIужалъ чIван рукIун руго 20 полициялъулал. ЛагIелалъ цебе, ихдал чIварал къуваталъул идарабазул хIалтIухъабийин абуни гьаб соналда дандеккун кIиго нухалъ цIикIкIун рукIун руго, 27 жаназаги, 38 ялдасаги цIикIкIун чи лъукъун вуго.

«Мемориал» гIуцIиялъул пикруялда рекъон гьединаб къадаралъ пполициялъул камиялъе сабаблъун ккун рагIула Шималияб Кавказалдаса, радикалияб пикруялъул гIолохъанаб Сириялдегун ГIиракъалде лъутун ин. Жанисел ишазул министерлъиялъ экстремизмалда данде гьабулеб хIалтIулъ чIаголъи лъугьун букIиналъул мисалалги ругилан абулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез, амма аслияб гIилла тIадехун бицен гьабулел гIолилал ватIан тун къватIире ин бугин.

Гьеб баян ритIухъ гьабулеб буго политолог Руслан Гереевасги. Амма гьес рикIкIунеб буго ахIвал-хIал хисизеги бегьулилан.

Руслан Гереев: «ГIиракъалъги Сириялъги хIакъикъаталдаги хIалтIи гьабуна Шималияб Кавказалдаса гIолохъаби жидерго кьеразулъе ахIизе. Гьез гьеб официалияб куцалъ лъазеги гьабуна жидерго сайталдаса. Амма цохIо гьаниса гурелги, гьединго татаразул ва занербайжаналъул республикабаздасаги ахIана гьез жидерго доре гIолохъаби. Гьединлъидал бичIчIулеб гьечIо щай хас гьабун Кавказалдаса гьенире ахIарал чагIазул бицунебали. Гьединго битIун гьечIо цохIо гьеб хIужаялда бан дагьлъанин Кавказалда чIвалел полициялъул къадарилан аби, жанисел ишазул министерлъиялъги цIияб куцалда байбихьана хIалтIизе, гьез тактика хисизабуна жидерго хIалтIулъ. Терактал дагьлъана Дагъистаналда. Амма кIочене бегьуларо гьадинаб хIужаги, Сириялда ва ГIиракъалда рагъулаб дандечIей хIалуцун хадуб гьел радикалияб пикруялъул гIолохъаби тIадруссине руго жиде жидер ватIаналде».

Дагъистаналда гьанжелъагIан чIварал ва чIвалел ругел полициялъул хIалтIухъабазул къадар лъиданиги лъаларин ва лъазе ресги гьечIин, щайгурелъул гьезул хIакъикъияб баян жанисел ишазул министерлъиялъ бахчулеб бугилан бицана полициялъул хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев Шамилов МухIамадица. Мисаллъун гьес бачана пуланаб бакIалда хасаб операция тIобитIулелъул хварав полициялъул хIалтIухъан чIванилан абураб баян кьолин гьез къватIибе гьебго къоялъ, амма хвалилаб ругъунги щун чанго къоялдаса азарханаялда хварав чиясул хIакъалъулъ щибго сихI къватIибе бахъуларин.

Шамилов МухIамад: «ХIукуматалъул гьечIеб къуватги бихьизабун, полициялда хIалтIулел сахалдаса сахал гIолохъаби чIван хъун гьарулел руго. Жакъа тIутIал гIадин чIвалел руго гIолохъаби гьел цIунун бажарулеб гьечIо тIалъиялъухъа. Гьелдалъун гъоркьисалалде дандеккун гьел гIолохъаби чIвай дагьлъун яги гIемерлъун бугилан абураб баян буго щибго гуреб чIанда. Сириялде рагъизе анилан абурабги буго лахIчIегIераб гьереси. Гьенире инчIого Дагъистаналда буго цин гIадлу гьабизе ккун. Дора рагъулелги ратила нилъер гIолохъаби, амма гьел гьенире унилан абун гьанире чIвалел полициялъулал дагьлъичIо».

Шамилов МухIамадица гьединго бицана ахирал соназда Дагъистаналда хварал полициялъул хIалтIухъаби ракIалде щвеялъул тIехь хIадур гьабизе баянал ракIарулел рукIанин жидер идараялъ, амма гьезул хIакъикъияб баян щвечIин кодобе.

XS
SM
MD
LG