МагъчIваялъе рес

Куала –Лумпуралда Россиялъул вакиллъиялда цебе акция


Малайзиялда талат къоялда нус-нус чи вачIун вукIана Куала –Лумпуралда бугеб Россиялъул вакиллъиялде цеве.

Гьез тIалаб гьабулеб букIана 17 июлалда Украиналда тIад кьвагьизабураб авиалайнералда тIад вукIарав 300-гIан чи хвеялъул жавабчилъи бугел тамихIалде цIазе.

Гьелдаса цебе 22 июлалда Малайзиялда Россиялъул вакил Людмила Воробьевалъ такрар гьабулеб букIана гьеб лайнер бортизабиялде Москваялъул кинабгIаги гIахьаллъи гьечIин абураб. Гьелъ гIайиб гьабулеб букIана Украиналъул рахъалда.

Украиналда гьеб лайнер бортизабиялъул гIайиб Магърибалъ Россиялъул рахъ ккурал сепаратистазда гьабулеб буго, гьезул пикруялда, сепаратистазе Москваялъ гьабулеб буго кверчIвай.

Хварав 298 чиясда гьоркьоса 44-яв вукIана Малайзиялдаса.

XS
SM
MD
LG