МагъчIваялъе рес

Шагьранухазул къурбанал щибаб лъагIалида гIемерлъулел руго


16 июлалда сардилъ кIиго кIудияб автоавариялъул хIасилалда анлъго чи хвана Дагъистаналда. Хъумторхъала мухъалъул Алмало росдада аскIоб лъабго автомобиль цоцалъ речIчIун ункъо чи къадаралде щвана. Хваразда гьоркьоб буго кIиго лъимерги. Гьебго заманалда Леваши мухъалда Мерседес маркаялъул автомобиль речIчIана кIудияб юк баччулеб автомобилалда хвана кIиго чи.

Хъумторхъала мухъалда ккараб автоавариялъул хIасилалда хваразда гьоркьор руго кIиго гьитIинаб лъимерги. Кинавниги хун вуго ункъо чи. Лъукъарал лъабгоязда гьоркьор руго санаде рахинчIел гIолохъаби. Лъугьа-бахъин ккун буго Алмало росдада аскIоб.

Микьабилеб ва ичIабилеб маркаялъул ВАЗ автомобилаз къасд гьабун буго церехун рорчIизе ва гьелъул хIасилалда цоцалъ речIчIун буго, гьездаго гьоркьобе ккун буго жиндирго нухалъ ине букIараб анцIабилеб маркаялъул ВАЗ автомобильги.

Гьебго сордоялъ 16 июлалъул сардилъ Лаваша мухъалда ккараб автоавариялъул хIасилалда хваг кIиго чи. Мерседес автомобиль речIчIана данде бачIунеб букIараб кIудияб юк баччулеб автомобилалда.

ДандречIчIиялъул хIасилалда «Мерседес» автомобиль цIаги рекIун бухIана ва иномаркаялда рукIарал кIиго чи къадаралде щвана.

Жакъа Дагъистаналъул нухазда рикIкIен гIемерал автоавария ккеялъе гIемерал гIиллаби ругин ва гьел киналго цоцада рухьарал ругин рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчи ГIисалмухIамад Набиевас.

Гьезда гьоркьор гьес рехсана нухазул бугеб нахъеккейги, автомобилал хIаталдаса ун гIемерлъиги, жеги щвалде щун атомобиль бачине лъаларел гIолилазухъе автомобиль ихтияр кьолеб документал кьеялда хадуб низам гьечIолъиги.

ГIисалмухIамад Набиев: «Гьениб аслияздасан цояб гIилла буго буго нилъер гIадамазул гIамал-хасият. Автомобилаздехун гьезул хIасрат цIикIкIунеб буго, цинги жалго нухалгиха.

ЭР: - Кинал ругел нухал?

ГIисалмухIамад Набиев: «Къваридал руго нухал, соналдаса соналде автомобилал цIикIкIунел руго нухалин абуни гIатIид гьарулел гьечIо, лъабго-ункъо нухалъ цIикIкIунел руго автмобилалда гьел нухазда дандеккун.

Гьединлъидал гьенир автоавариял ккечIого рес гьечIо цIакъго хIисабалде ани гурони, амма хIисабалда автомобиль бачине лъалел гIадамалги нилъер гьечIо, киназего къваригIун буго шагьранухазда эркенлъи, цIодорлъи гьабулел дагьлъун руго.

Кидаго кьола шиб соналъ Дагъистаналъул нухазда щунусго чи чIван, азаралда нусго, азаралда кIинусго чи лъукъун вугилан, амма дун божуларо гьеб статистикаялда. Нухазда холезул къадар щиб соналъ гIемерго цIикIкIунеб буго».

Гьаб соналъул ункъабилеб июналда ЦIунтIа мухъалда кIкIалахъе бортана шагьаралде гIадамал рачун унеб автомобиль, гьелда жанив вукIана 16 чи анлъго чи хутIизегIан хутIарал гьезул къадаралде щвана. Гьезда гьоркьоб букIана хахулеб лъимерги.

Киго къоялдаса Ахты мухъалда щуго чи рекIараб автомобиль бортана гIурухъе. Гьезул кIигоял хвана, лъабго чи захIматго лъукъана.

Дагьал церегIан къояз ЧIарада мухъалъул Гьочоб росдада аскIоб гьединабго куцалда гIурухъе бортана Газель автомобиль. Гьелъул хIасилалда лъабго чи хвана ва 11 чи азарханаялде ккана.

2014 сон байбихьаралдаса нахъе Дагъистаналъул нухазда ккун буго 243 автоавария 315 чи хун вуго. Амма экспертазул пикруялда рекъон, статистикаялъ кьурал баянал хIакъикъияб баяналдаса тIуран рикIкIад руго ва щибаб соналъ Дагъистаналъул нухазда кколел аварияги ва гьенир холезул къадарги гIемерго цIикIкIараб буго.

Хурхен бугеб

XS
SM
MD
LG