МагъчIваялъе рес

Сасикьдерил лъималазул лагерь щай къараб?


Дагъистаналъул лъимал Крымалда. 17июль ,2014
Дагъистаналъул лъимал Крымалда. 17июль ,2014

Дагъистаналъул прокуратураялъ нахъойги гIужие босун буго Хасавюрт мухъалъул ЦIиябсасикь росу. Гьаб нухалъ прокуратураялъ къазе хIукму гьабуна лъималаз хIухьбахъулеб лагерь. Гьенир чанги гIунгутIаби ратун руго къанун цIунулезда. Амма лагералъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго лагерь тIубанго къан гьечIин, кIиго моцIрол болжазда гьоркьоб къотIизабун бугин гьелъул хIаракатчилъи ва киналго гIунгутIабиги лъугIизарун лагерь цIидасан хIалтIизе биччазе бугилан.

Гьал къоязда Дагъистаналъул прокуратураялъ гьарурал халгьабияздаса хадуб къазе хIукму гьабун буго Хасавюрт мухъалъул ЦIиябсасикь росулъ бугеб «Гьудуллъи» абураб лъималазул лагерь.

Прокуратураялъ абулеб буго гьеб лагералъул чанги гIунгутIаби ратанилан. Мисалалъе гьез абулеб буго ихтиярги гьечIого динияб лъай кьеялъул хIалтIи билъанхъизабулеб букIун бугин гьез лагералда.

Гьеб баян тасдикъ гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе ЦIиябсасикьа гIалимчи МухIамадов ГIабдурахIимицаги, амма тIубанго лагерь къан гьечIин, цо кIиго моцIица хIалтIизе биччачIого тезе хIукму гьабун бугин иш рукIалиде бачIинегIан.

Лагералда лъай кьеялъул программа билълъанхъизабизе бегьуларин прокуратураялъ гьабураб хIукмуялда рази вуго гьев, щайгурелъул лагерь кколин лагерь, лъималаз хIухьбахъизе гIуцIараб бакI.

МухIамадов ГIабдурахIим: «Жидеего цо бакI къазе къваригIараб мехалъ прокуратураялъ чанги гIиллаби рачинаришха. Дида лъалеб бакIалдаса гIебеде гьез гьеб заманалъ къан буго кинабго роцIцIинегIан.

Лагерь буго лъималаз хIухьбахъулеб бакI гьениб лъай кьеялъул программа хIалтIизабулеб батанилан абулеб буго гьез, къануналда рекъон гьел ритIунги руго. Кинабго роцIцIун хадуб лагерь хIалтIизе ракIалда бугоха, ИншаАллагь».

ЭР: - ГIабдурахIим гьаб тIоцебесеб нух гурелъулха прокуратураялъ нужер росдаде ишан босаралдаса, цин кIиго мадраса къана гьез, гьанже лагералдеги балеб буго дагIба, гьениб цо щаклъи бижулеб гьечIиш дур?

МухIамадов ГIабдурахIим: «БитIараб буго, буго гьеб гьедин. Ахираб заманалда цIакъ тIаделъун руго нижер росдаде. Чанго хасаб операция тIобитIана, паспортал рихьун гурони гIадамал жидерго росулъе риччаларин лъугьана. Гьеб бугоха хIукуматалъул загIиплъи, къуватаб хIукумат нилъер букIарабани иш батIайиса букIинаан букIараб».

Хасваюрт мухъалъул ЦIиябсасикь гьеб лъабабилеб хIужа ккола прокуратураялъ халгьабияздаса хадуб лъай кьеялъул идара къалелдаса. 2013 соналъул августалда гьениб къана мадраса, гIилла лъай кьеялъул программа билълъанхъизабизе изну кьолеб лицензия гьезул букIинчIолъи.

Доб мехалъ гьеб баян тасдикъ гьабун букIана «Эркенлъи» радиоялъе гьеб мадрасаялъул хIалтIухъан ПатхIулаев МухIамадица. Лицензия щвечIолъиялъе гIиллаги букIанин документазул иш рукIалиде бачIинабизе хIукуматалъ квал-квал гьабунин жидее.

Чанго моцI ун хадуб, гьебго соналъул октябралда къана кIиабилебги мадраса ЦIиябсасикь. Гьеб букIана руччабазул мадраса. Гьеб къаялъе ккараб гIиллаги добго букIана, лицензия гьечIолъи.

Амма лицензия букIанин нижер, киналго хIажатал документалги ругин, кинал рукIаниги багьанабиги рачун мадраса къазе къваригIун бугин прокуратураялъеян бицун букIана «Эркенлъи» радиоялъе тIадехун бицен гьабулев МухIамадов ГIабдурахIимица.

Гьев кколаан гьеб мадрасаялъул нухмалъулев. Гьеб мадраса хIалтIизе биччаралдаса бан букIун буго анкьго сон ва жиб-жиб соналъ рукIанин гьезул халгьабиял, амма исана гурони гьез лицензия гьечIилан багьана батун букIинчIилан бицун букIана ГIабдурахIимица.

Лагералъул юрист Рустам Оруджевас абулеб буго лагералъул хIалтIи гьоркьоб къотIизе тун бугин 40 къоялъ, гьенир ратарал киналго гIунгутIабиги тIагIинарун лагерь цIидасан хIалтIизе биччазе бугин.

«Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон араб соналъул августалда лицензия гьечIилан къараб мадрасаялъул бакIалда рагьун букIун буго гьеб лъималазул лагерь.

Лъималазул лагералъе лицензия хIажалъулеб рагIуларо, гьебги хIисабалде босун лагералда жаниб диниял дарсал кьезе ракIалда букIун буго сасикьдерида.

XS
SM
MD
LG