МагъчIваялъе рес

Украиналда бортана Россиялъул рагъулаб аэроплан


Украиналъул миллияб хIинкъи гьечIолъиялъул ва улка цIуниялъул шураялъ лъазабуна 16 июлялда жиндир аскарияз речIчIун бортизабун букIанин Украиналъул территориялда тIад боржун унеб букIараб Россиялъул рагъулаб аэроплан.

Воржарухъан катапультаялдалъун хвасар гьавунин ва гьабсагIат гьев щвезавун вугин цо хасаб бакIалде, ян абуна Киевалда рехсараб Шураялъул вакил Андрей Лысенкоца.

XS
SM
MD
LG