МагъчIваялъе рес

Россиялда вукIарав Гуржистаналъул илчи чIван вуго


Гуржистаналда нуеб буго Ероси Кицмаришвили чIваялъул цIех-рех. Гьев кколаан Россиялда Гуржистаналъул вукIарав илчи хадув гьев вахъана Рустави-2 телеканалалъул бетIергьанлъун.

Гьесул жаназа ботролъ гуллагун батун буго 15 июлалда. Гьев чIваялда щаклъи бугев чи хIужа ккараб бакIалда ккун вуго.

Буго цойги версия – Кицмаришвилица живго жинцаго чIванин абураб. Жаназаялда аскIоб батун буго гьесул таманча.

Амма Кицмаришвилил гIагардисез абулеб буго гьадинаб хиял гьесул букIинчIин киданиги.

XS
SM
MD
LG