МагъчIваялъе рес

Газа секторалде цIиял гьужумал


Газа секторалда арбагI къоялъул радал ГIизраилалъ гьарурал гьавадул кьабиязул хIасилалда лъабго чи чIван вуго.

Палестинаялъул медицинияб хъулухъалъул вакиласул рагIабазда рекъон гьужум гьабун бугин Рафах абулеб шагьаралда гIадатиял гIадамаз гIумру гьабулел бакIазде.

НугIзаз абухъего чIваразда гъорлъ вукIун вуго «Исламияб жигьад» гIуцIиялъул вукIарав рагъухъан. ГIизраилалъ гьабураб гьавадул рейдалъул мурадлъун букIана ХАМАС гIуцIиялъул тIадегIанав вакил МахIмуд аз-Захар чIвай, амма тIаде кIанцIи гьабураб мехалда гьев жиндирго рукъов вукIинчIо.

Талат къоялъ ХАМАС гIуцIиялъул вакилзабаз нахъ чIвана Мисралъ цебе лъураб маслигьат гьабиялда хурхараб план. Ахирисел къоялъ ГIизраилалъул рагъухъабаз гьарурал гьужумазул хIасилалда Газа секторалда 190-гIан палестинияв чIван вуго. Гьединго чIван вуго цо гIизраилалъулавги.

XS
SM
MD
LG