МагъчIваялъе рес

«Анонимкаги хIалае ккун чIухь базе бегьуларо»


Dagestan Map Magaramkent Магарамкентский район
Dagestan Map Magaramkent Магарамкентский район

Итни къоялъ Дагъистаналда ришватчилъиялда ва коррупциялда щаклъи букIун лъабго хъулухъчи ккуна, гьезда гьоркьов вуго МухIарамкент мухъалъул бетIер АхIмадов Фаридги. Гьес лъазабулеб буго жинда щибниги гIайиб гьечIила, жив вокьуларел чагIаз жинда тIасан мацIалги гьарун, гIарзалги хъван тIаде тIамулел ругин къуваталъул идарабийилан.

Итни къоялъул къалъуда МухIарамкент мухъалъул Гапцах ва Бутказмаляр росабазда гьоркьоб нухда Россиялъул федералияб хIинкъигьечIолъибукIинабиялъул идараялъул хIалтIухъабаз ккун вуго МухIарамкент мухъалъул бетIер АхIмадов Фарид рекIарав автомобиль.

Гьесда цадахъ рукIарал гьев цIунарал чагIи гьел хасал идарабазул хIалтIухъабазе дандечIей гьабизе лъугьун рукIиналъ, гьезда гьорькоб тунка-гIусиги ккун буго, амма лъиего зарал ккун гьечIо. Хасал идарабазул хIалтIухъабаз щиб киналиги бичIчIизабун ахIвал-хIал роцIцIинабун буго.

Гьев ккурав бакIалдаго нухда низамцIунулез бихьизабун буго гьесул хIалтIулеб бакIалда ва рокъоб чIухь базе рес кьолеб хасаб документги. Официалиял гурел баяназда рекъон АхIмадов кквеялъе ва гьесда сверун ахIи-хIур бахъинабиялъе гIиллалъун ккана гьев мухъалъул бюджеталдаса бикъиялъе ва коррупциялъе гIайибияв вукIиналда щаклъи букIин.

Къуваталъул идарабазул вакилзабаз лъазабухъе гьел АхIмадовги вачун цин гьесул хIалтIулеб бакIалде, хадур рокъореги ун руго. Гьениб чIухь бан хадуб щибниги бегьулареб жо батичIого нахъе ун руго, АхIмадовги виччан тун вуго.

Гьеб чIухь бан бахъинегIан чанго сагIаталъ МухIарамкент мухъалъул администрациялъул хIалтIи чIезабун букIун буго буго, гьелъул хIалтIухъабазеги низамцIунулез цIех-рех гьабун буго.

Живго Фарид АхIмадовас бицун буго щивали лъаларев чияс гъоркь цIарги хъачIого жиндасан гIарза хъван бугила, гьеб кканила хасал тадбирал тIоритIиялъе гIиллайилан абунила жинда къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазилан.

Жинда щибго гIайиб гьечIин, гьел хасал идарабаз гъоркьцIар хъвачIеб гIарзаги хIалаеккун гьел тадбирал тIоритIи къанун хвезаби бугин рикIкIунеб буго АхIмадов Фаридица.

Юрист ва жамгIияв хIаракатчи Рагимханов Русланицаги «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда абулеб абуна къануналда рекъон гъоркьцIар хъвачIеб гIарзаги хIалае ккун хасал тадбирал тIоритIизе бегьуларила къуваталъул идарабазилан.

Гьединго юристас рикIкIунеб буго МухIарамкент мухъалда тIад кверщел гьабизе къваригIараз ургъунго АхIмадовасе квешезе гIоло гьабулеб бугин гьесда сверун гьебщинаб багъа-бачарийилан.

Руслан Рагимханов: «Къануналда рекъон гьеб гъоркьцIар хъвачIеб гIарзаялъул кьучIалда цониги хасал тадбирал тIоритIизе бегьуларо, хасго гIадама кквезе бегьулеб жоцин гуро. Гьелъие кьучIчIаб гIиллаги, тадсикъ гьабураб багьанаги букIине ккола.

Бокьарав чиясда тIасан хъвазе бегьулеб жо букIуна гьеб анонимка, щибаб гьеб гIарзаялъе гIоло ахIи-хIурищха бахъинабилеб. Дида гьеб гIарзаялда бараб жого батиларин ккола гьеб бакIалда, гьеб гьадинго гIадамал тIаса рихьизариялъе рицунел харбал руго.

МухIарамкент мухъалда гьаб сагIат гьениб тIад кверщел гьабизе къваригIаразда гьоркьоб цIакъ кIудияб кьал буго. Гьединлъидал щивас бокьа-бокьарал ресалги ратун цоцазе квалквалалги гьарулелги руго.

Амма цохIо гьел АхIмадов дандекколарез тIаде тIамун рачIарал чагIи ругин гьел хасал идарабазул хIалтIухъабийиланги абиларо дица, щай гурелъул дихъе щварал баяназда рекъон цебеги кIигониги нухалъ гьебго чIухьбайги цойгидаб балагь-базарги букIана Фаридида сверун, гьеб мехалдаги гьес гIарацги кьун тIаса рихьизарунин гьел къуваталъул идарабазул хIалтIухъабийин абулеб букIана.

Цо кьураб мехалда цойгиги нухалъ рачIинарищха гьелги, гьездаги лъалелъул гIарац лъихъ бугебали. Нилъер республикаялда бокьарав хIакимчиясде гIунтIизабизе бегьула бюджет бикъиялъулги, коррупциялъулги гIайиб, гьеб кинабгоги бичIчIун хIакимзабазги низамцIунулезулгун лъикIаб гьоркьолъаби рукIинарула, гьелъие гIарцуца гIадин сунцаниги квербакъилищха.

Гьаб нухалдаги гьел цохIо гьесухъа гIарац бахъиялъе гIоло рачIун рукIанин кколеб буго дида. ГIарацги бахъун берцинго виччан тун вуго гьев».

Гьаб анкьица Дагъистаналда МухIарамкенталъул бетIер гуревги ккуна коррупциялъул гIайибги гIунтIизабун. 14 июлалда 100 азарго гъурущ рищват босулеб бакIалдаа федералияб хIинкъигьечIолъи букIинабулеб идараялъул хIалтIухъабаз тIад ккун вуго Тарумовский мухъалъул прокурорасул кумекчи Сергей Свиридович.

Гьесухъе такъсирияб иш къаялъе квербакъи гьабизе кумек гьабейинги абун гьебго мухъалъул чияс кьун букIун буго гьеб гIарац. Гьеб ишалъул цIех-рех лъугIизегIан Свиридович туснахъ гьавун вуго.

Гьебго къоялъ Федералияб хIинкъигьечIолъи букIинабулеб идараялъул хIалтIухъабаз ришват босиялъул щаклъи букIун ккун вуго Дагъистаналда бугеб Федералияб Миграциялъул хъулухъалъул мухъаздагьоркьосеб бутIаялъул нухмалъулев ХIажимурадов Альберт.

Жанисел ишазул идарабазул хIалтIухъабаз кьурал баяназда рекъон ХIажимурадовасул хIалтIулеб бакIалда чIухь балеб буго, гьеб ишалда сверун цIех-рех лъугIичIого кинабгIаги мухIканаб баян кьун бажаруларин, цохIо ришват боси гуребги, гьев хIакимчияс хъулухъалдаса пайдаги босун цойги хIилла-рекIкI гьабиялъул хIужабиги тIатанилан лъазабулеб буго низамцIунулез.

XS
SM
MD
LG