МагъчIваялъе рес

Буйнакскиялда пенсиязул фондалъ бакI хисана, амма къачIо


14 июлалда Буйнакскиялъул пенсиязул фондалъ хисана хIалтIулеб бакI. Цере гьел рукIана шагьаралъул хIамам букIараб минаялъур. Гьанже рахъинарулел руго хьухьарулеб фабрика букIараб минаялъуре.

Гьединлъидал итни къоялъ шагьаралда раккана Буйнакскиялда пенсиязул фонд къан бугилан абурал харбалги.

ГьанжелъагIан гьелъул хIалтIухъаби жанир рукIараб мина къайин лъазабуна Буйнакскиялъул диваналъги.

Гьеб диваналъул хIукмуялдалъун пенсиязул фонд жаниб букIараб хIамамалъул мина лъазабун буго биххизе къачIараб, санагIат гьечIеб бакIлъун.

Амма ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Буйнакскиялъул гIадамаз бицана гьеб гIезегIан къачIараб, берцинаб мина бугилан. Гьединлъидал бичIчIулеб гьечIин шагьаралъул диваналъул хIукму.

Цогидаб пикруялда рекъон, гьеб букIине бегьула пенсиязул фондалъул нухмалъулев Сайпулаев Камилида дандечIун лъицаниги гьабулеб хIалтIи.

Дагъистаналъул Пенсиязул фондалъул пресс-секретарь Альбина Сункулиевалъ гьадин баян гьабуна ЭР-ялъе гьеб хIужа.

Альбина Сункулиева: «Гьеб кинабго хабар буго кутакалда кIодо-кIодоги гьабун бицунеб. Пенсиязул фонд букIана советияб заманалда шагьаралъул хIамам жаниб букIараб бакIалда. Гьелдаса нахъе цIакъ басралъун буго гьеб. Гьелъул бетIергьанасухъа ижараялъе босулаан нижеца гьеб.

Гьедин цIакъ гIемераб гIарацги харж гьабун, жанисан къачIанги букIана. Амма кигIан харжал гьаруниги щиб, жанир гIодор чIараб мехалда хIалтIухъабазда тIаде гъвегъун бачIнуеб букIана мокърукь бахараб гачIги цогидабги.

Гьедин нижеца Москваялде гIезегIан кагътал хъвана нижее Буйнкаск-лда цIияб мина къваригIун бугилан. Амма гьелъул хIасил кколеб букIинчIо. Гьале гьанже цогидал хъулухъазги кIвар буссинабун буго гьелде. Гьабун гIезегIан лъикIги буго.

Ниж тIадеги роххун руго, диваналъул хIукмуялдалъун нижер хIалтIухъаби гьенир жаниса нахъе рахъинарулел рукIиналдаса. Щайин абуни, хехлъи гьабун Буйнакскиялда Пенсиязул фондалъе ниж бетIергьанаб мина босизе рес букIунелъул гьанже Москваялъ. Гьединлъидал щибниги къан гьечIо.

Буйнакскиялда цебего гIадин хIалтIизе буго пенсиязул фонд, амма хIалтIизе буго Шамил имамасул къотIноб бугеб батIияб минаялъуб.

Гурони Буйнакскиялда пенсиязул фонд къан бугилан, харбал риччалел руго. ТIубараб шагьаралда гьеб фондалъул хIалтIи гьоркьоб къотIизабизе ккани, щиб лъугьа-бахъине кколебали дида лъаларо».

ПалхIасил, Буйнакскиялъул пенсиязул фондалъе цIияб, санагIатаб мина къваригIун букIун батани, 14 июлалда гьелъул хIалтIухъаби гочинарураб имам Шамилил къотIноб бугеб минаги буго цере гьел жанир рукIаралдаго релълъараб, басрияб мина. Совет заманалда гьениб жаниб хьухьарулеб фабрика букIун буго.

Цебе гьез ижараялъе босулеб букIараб мина абуни шагьаралъул мэрасул хасаб бетIергьанлъиялъул мина кколин бицана ЭР-лъе Буйнакскиялдаса чагIаз.

XS
SM
MD
LG