МагъчIваялъе рес

Ираналъул диваналъ Facebook хIалтIизабулеб микьгояв жаниве тIамуна


Ираналъул инкъилабалъул диваналъ къотIи гьабун буго Facebook-алда хъвай-хъвагIаял гьарурав микьго гIолохъанав чиясе.

Цоял 11 соналъ, цогидал 21 соналъ жанире тIамизе руго Ираналъул диниял къиматал ва церехъаби хIакиръ гьарулел макъалаби хъван рукIиналъухъ, ян лъазабулеб буго официалияб ИРНА абулеб агентлъиялъ.

Ираналъул тIадтараз цIодорго хал-щал гьабулеб буго социалиял саIтазухъ.

Жиндирго рищиязда цебесеб кампаниялда Ираналъул президент ХIасан РухIаница гъоркьисала рагIи кьуна гьел шартIал тамахлъизабизе ва гьелъ гьесие кумек гьабуна рищиязда бергьине.

Гьеб рагIи тIубазабизе РухIание квал-квал гьабулеб буго пачалихъиял идарабаз, ультра-консерватораз ва жибго махIкамаялъул системаялъ.

XS
SM
MD
LG