МагъчIваялъе рес

Киев: "Нижер къуватал кьвагьдичIо Россиялъул рахъалде."


Россиялъул информалатазул лъазабиязда рекъон, Украиналъул рахъалдаса речIараб гумпара щун буго Ростов областалъул рахъалда бугеб хасаб минаялда. Гьелъул хIасилалда хун вуго цо чи, цогидав лъукъунги рагIула.

Россиялъул къватIисел ишазул министр хисулев Григорий Карасиница лъазабуна, Россиялъул рахъалъул «демарш» букIине бугин «хъачIабги мухIканабгиян». Карасиница мухIкан гьабичIо кинаб «демаршалъул» бицен гьабулел бугебали, амма жубана кьвагьдеяллда хурхараб кинабго жо мухIканлиъзабизе кколин.

Украиналъул миллияб хIинкъигьечIолъиялъул ва улка цIуниялъул мажлисалъул вакиль Андрей Лысенкоца лъазабуна, Украиналъул рагъулал кьвагьдичIин Россиялъул рахъалдехунин.

XS
SM
MD
LG