МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналъул президентлъиялде кандидатал рачIун руго цо пикруялде


Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица лъазабуна, Кабулалда Афгъанистаналъул президентасул посталде кандидатал Ашраф Гъанилгун ва ГIабдулла ГIабдуллалгун тIоритIарал кIалъа-басаязул хIасилалда хIукму гьабизе бажаранин рищарухъабазул гьаркьал цIидаса риккинеян. Гьесул рагIабазда, халкъазда гьоркьосел тоххалчагIазул контрольгун рикIкIине руго бюллетеназул кинабго микьго миллион.

Керрица лъазабуна, кIиявго кандидатас рагIи кьунин цIидаса рикIкIарав бюллетеназул хIасилазе мукIурлъизе ва бергьун хадуб нахъ тIамичIого миллияб цолъиялъул хIукумат гIуцIизе. Гьаркьал рикIкIине байбихьизе буго Кабулалда 13 июлалда. Улкаялъул регионаздаса тахшагьаралде бюллетенал щвезаризе руго НАТОялъул рагъулаз.

I4 июналда тIоритIарал рищиязул цереккунисел хасилазда рекъон, Ашраф Гъание щун руго ГIабдулла ГIабдулладаса цIикIкIун гьаркьал. Амма хирисес лъазабулеб буго, гьаркьал кьолеб ва рикIкIунеб мехалда макру-хIилла гьабунин, гьединлъидал рищиял ритIухъаллъун рикIкIине бегьуларин.

XS
SM
MD
LG