МагъчIваялъе рес

Израилалъул кьабияздаса Газа секторалда хун вуго 120 чи


Щуго къоялъ цебе Газа секторалда щвезаризе байбихьрал кьабиял халат рахъинарулел руго Израилалъ.

Гьелъул хIасилалда хун рагIула 120 чи. Палестинаялъул рахъалъул лъазабиялда рекъон, азараханабазда бажурулеб гьечIо лъукъаразул ирга къабул гьабизе. Гьединазул къадар азаргоялде бахун буго.

Лъазабиязда рекъон, ХАМАСалъул яргъид гIуцIарал къокъабаз Израилалъул рахъалде ракетаби риччай халат бахъинабулеб буго.

Гьанжеялде гьелъул территориялда речIарал ракетабазул къадар цIикIкIун буго 700-ялдасанги.

Израилалъул рагъулазул вакилас лъазабухъе, «Цуниялъул гIорхъи» абураб операция халат бахъине бегьула тIадеги сордо-къоялъ ва халат бахъунеб буго гьединго цогидаб фазаялде хIадурлъиги. Гьес нахъ чIвалеб гьечIо анкьго соналъ ХАМАС гIуцIиялъул контролалда гъоркь бугеб Газаялъул территориялде гьажум гьабиялъул вариант.

Цо-цо улкабаз квешаб къимат кьолеб буго Израилалъ щвезарулел кьабиязе.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъ конфликталъул рахъал ахIулел руго кьвагьдей чIезабиялде.

Премьер-министр Беньямин Нетаньяхуца лъазабуна, кьабиял чIезаризе гьечIин, Израилалъул территориялде ракетаби риччай чIезабун гурониян. Регионалда ахIвал-хIал хIалуцана Израилалъул лъабго ва Палестинаялъул цо гIолоханчи чIван хадуб.

XS
SM
MD
LG