МагъчIваялъе рес

Рекламаищ гьукъулеб, рагIуе эркенлъиищ гъанкъулеб?


Араб рузман къоялъ Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабурал къануназул цояблъун ккола кабелиял телеканалазда реклама гьукъулеб къанун. Депутатазул хIисабалда чIобогоял телеканалазулги гIарцухъ хIалтIулел каналазулги ресал ращадал гьечIин. Гьеб къанун хIалтIизе буго тIаде бачунеб соналдаса байбихьун. Кинаб хIасил гьелъ гьабизе бугеб кабелиял телеканалазе?

ГIемерал экспертазул дагIба ккун буго рехсараб къануналда бан. Гьезул хIисабалда анцI-анцI гьединаб лъидаго бачIеб каналалъул хIалтIи гьоркьоса къотIизе бегьула ва гьелдалъун жамгIияб пикруялъе аслияб къагIидаялда пачалихъалъул контролалда гъоркь хIалтIулел каналаз гьабизе бугин.

Къанунал тасдикъ гьабулез абулеб буго гьаб цIияб къабул гьабун бугин телевизиониял программабазул базаралда ритIухъаб гуреб конкуренциялъе ахир лъей мурадалдаин.

ГьанжелъагIан гIарцухъ хIалтIулел каналазе кIирахъалъул пайда щолеб букIанин – абонентаздаса ва реклама кьолездаса.

Амма батIияб пикру буго гьел эркенал телеканалазул тIалаб-агъаз гьабулел хIаракатчагIазул ва жалго гьел каналазул вакилзабазул.

Масала 15 гьединав чияс Россиялъул хIукуматалде хасаб рагьараб кагъат битIун буго. Гьелда гьез абулеб буго рехсараб къануналъ чIезабизе бугин Россиялда ругел щинал кабелиял ва сателлитазул каналазул бащдаб къадаралъул хIалтIи.

ТIокIаб чара гьечIого гьединал телеканалазул бетIергьабаз абонентияб мухь цIикIкIинабизе бегьулин. Ва гьелдалъун хъващтIан клиентазул разилъи гьечIолъи баккизе буго, ян абулеб буго рехсараб кагътида.

Гьебни щиб, реклама кьолезеги зарал щвезе бегьулин. Аслияб къагIидаялда гьеб хурхараб бугин гIисинаб ва гьоркьохъеб бизнесалда. ЧIахIиял компаниязул рекламаби рихьизарулел руго федералиял телеканалаз.

Экспертазул пикруялда заман щвана гIарцухъ хIалтIулел каналазул хIалтIи къанунияб къагIидаялъ щвалде щварабщун гьабизе. Ахирисеб анцIго моцIалда жаниб гьезул къадар хехго цIикIкIана.

Амма пайдаяб хIукму гьабизелъун реклама гьукъизе гIолеб гьечIо, ян абулеб буго «Комсомольская правда» газетаялъул телевизионияв критик Александр Мелманица.

Александр Мелман: «ГIарцухъ хIалтIулел каналазда бараб цолъараб система гьечIо, гьединлъидал гьадинаб щвалде щвараб система гIуцIизе ккола, цо рахъалъан балагьани. Амма дида бичIчIуларо коммерциялъулаб рекламалъул суал щай борхизабурабали.

Нижер гьаниб базаралъулаб экономика гечIищ? Бугони - гьел телеканалаздаги кIола хIалтIизе гьединаб къагIидаялда. Гьеб гIадатияб ищ бугин дида ккола».

Россиялъул коммуникациялъул агентлъабазул Ассоциациялъул баяналда рекъон чIобого хIалтIулел телеканалазул къадар 97 проценталде бахунеб буго. Гъоркьиса реклама кьоледухъ гъозие щун буго ункъго бащадгун миллиард долларалде бахунеб хайир.

Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ гьаб тIадехун рехсараб къанун къабул гьабиялъ жиндир рахIат хвезабулеб буго, ян лъазабуна Европаялда ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул ва рекъон хIалтIи гьабиялъул гIуцIиялъ.

РагIуе эркенлъиялъул рахъалъ гьеб гIуцIиялъул вакил Дунья Миятовичица 7 июлялда абуна, гьеб къануналъ прессалда бугеб плюрализм дагьлъизабизе бугин ва информациялъул эркенаб чвахиялъе квалквал гьабизе бегьулин.

ОБСЕ-ялъ Россиялъул президент Владимир Путиниде ахIи бана рехсараб къануналда вето лъей ян абун.

XS
SM
MD
LG