МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналъул президентасул рищиязда жив бергьанин, рикIкIунеб буго ГIабдулла ГIабдуллаца


Афгъанистаналъул президентасул хъулухъалде кандидат ГIабдулла ГIабдуллаца талат къоялда жиндирго рахъ ккуразда лъазабуна, жив бергьанин президентасул рищияздайин. КъватIисел ишазул экс-министрас нахъ чIвана цереккунисел хIассилазда рихьизарухъе гьесул конкурент Ашраф Гьани бергьунев вукIин. Афгъанистаналъул лъиданиги бачIеб рищиязул комиссиялъ лъазабуна итни къоялда ахирисесе щванин гьаркьазул 56 процентин, гьесда хадув 44 гIанаб процентгун унев вугин ГIабдулла ГIабдуллайин.

ГIабдуллаца лъазабуна жиндирго рахъ ккуразда цебе «Нилъ чIухIарал руго, нилъеца адаб гьабула гIадамазул гьаркьазул, нилъ бергьана.» абун. Гьес абуна, жинца киданиги къабул гьаруларин макру-хIиллаялдалъун гьарурал хIасилалин. Гьелдаго цадахъ ГIабдуллаца лъазабуна, жив данде вугин Афгъанистан бикьизабиялде ва халкъ ахIана миллияб цолъиялде ва парахалъиялде.

Талат къоялдаго Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица лъазабуна, Афгъанистаналда нухмалъи къануназде данде кколареб къагIидаялда бахъизе гьабулеб бокьараб къагIидаялъ улка бачине бугин Америкаялъул кумекалдаса махрумлъиялдейин. Гьес жиндирго ургъел загьир гьабуна, Афгъанистаналда «альтернативияб хIукумат» гIуцIизе бегьиялъул хIакъалъулъ лъазаби баккиялда бан. Гьесул рагIабазда, Вашингтон балагьун чIун буго рищиязда макру-хIилла гьабиялъул хIакъалъулъ гIарзаялда рехсолел хIужжабазул цIех-рех рищиязул идарабаз гьабиялъухъ.

XS
SM
MD
LG