МагъчIваялъе рес

Славянскалда тIад-Украиналъул байрахъ


Украиналъул аскариязул нухмалъулез улкаялъул президент Петр Порошенкода лъазабун буго Донецк икълималъул Славянск шагьаралда тIад Украиналъул пачалихъияб байрахъ борхун бугин. Гьедин лъазабулеб буго улкаялъул бетIерасул пресс-хъулухъалъ.

Улка цIуниялъул министр Валерий Гелетейил рагIабазда рекъон,улкаялъул армиялъул кумекалдалъун шагьаралда гIумру гьабизе ресал тIадруссинарулел руго. Гьениб байбихьун буго гуманитарияб кумек бикьизе.

XS
SM
MD
LG