МагъчIваялъе рес

Цапокил къукъаялдаса Черных живго жинцаго чIван вуго


Сергей Цапокил гъачагъазул къукъаялдаса гIумруялъго жанив тIамурав Игорь Черных живго жинцаго чIван вуго рузман къоялда жанив тIамураб бакIалда. Гьедин лъазабулеб буго Краснодаралъул прокуратураялъ.

2013 соналда Черных гIумруялъго жанив тIамизе хIукму къотIун букIана диванханаялъ 2010 соналда Кущевская росулъ АхIматовазул хъизамалде тIаде кIанцIараб мехалда лъабго лъимер чIваралъухъ. Гьелде тIадеги жеги кIиго чIваялъул гIайибги тIад чIезабун букIана гьесда. РАПСИялъул баяналда рекъон, Черных вуго Цапокил къукъаялдаса живго жинцаго чIварав лъабабилев чи.

XS
SM
MD
LG