МагъчIваялъе рес

Интернет экстремизмалде данде къанун


Интернеталдасан экстремизмалде ахIиял гьариялъухъ тамихIалде цIаялда сверун къануналда гъоркь гъулбас лъуна Россиялъул президент Владимир Путиница итни къоялда. Гьеб къанун хвезабурав чи хIал гьабун хIалтIизе тIамизе яги щуго соналъ жанив тIамизе рес буго гьанже. Экстремистияб багъа-башариялъе финансазул рахъалъ кумек гьабуралъухъин абуни гьанже анлъго соналъ жанир тIамизе рес буго. Бугищ гьеб къануналъул рагIул эркенлъиялъе гурхъаби лъеялъул хасият?

Цебе, Россиялъул къануназда рекъон, жавабчилъиялде цIалел рукIана гIицIго информалатаздасан экстремизмалде ахIиял гьарулел ругони. Гьанже гьединал ахIиял интернеталда гьаруралъухъ гIадатиял гIадамалги тамихIалде цIазе рес буго. Гьединго интернеталда инсан гIодовегIан гьавулеб, миллатал цоцаде гьусулеб жо хъварав чиясеги къануналда рекъон тамихI гьабизе буго. Интернеталда гьединаб ва экстремистияб хъвай-хъвагIаял яги аудио-видео записаздалъун гьеб тайпаялъул кIалъаял гьарурал чагIи диваналъ тIад гIакIаги къотIун хIалтIизе тIамизе руго, яги щуго сониде щвезегIан туснахъалда тIамизе бегьула гьел.

Гьеб цIияб къануналъ гIемер батIи-батIиял пикраби ва суалал рижизарулел руго. ГIемерисезе интернет щибниги гьукъи гьечIеб, эркенаб бакIлъун бугин абизе бегьула. Хасго гьенир хъвадарулел чIазазул гIемерисезда гьеб жидерго нахъарукъилан ккола, гьениб бицунеб бокьараб жо бицине бегьулин интернеталдайин кколелги гIемер рукIуна. Жинца къоялъ щиб кванарабали бихьизабиялдаса бахъараб, чоро-чорокал рагIабиги абун тIалъиги, цониги жиндиего данде кколарев чи какизе лъугьиналде щвезегIан бокьа-бокьараб жо хъван букIуна интернеталда, хасго социалияла сайтазул гьурмазда. Гьеб эркенлъиялда рукIарал гIадамазе цойгидазул инернет-гьурмазда бугеб жо жиндие рекIее гIолеблъи бихьизабулеб – лайкалъухъ, яги гьезул гьумералда бугеб жо жиндирго гьумералда лъеялъухъ ай, репост гьабиялъухъги тамихI букIунищилан абураб суал баккулеб буго гIемерисезул.

Гьел суалазе жаваб кьолеб буго жиндирго сайталда цIар арав адвокат Сергей Семешкиница. Гьес хъвалеб буго цIияб къанун гIадатиял интернетчагIазда хъвалеб жо гурилан. Гьеб бахъилалда цебеги интернеталда хасаб жидеего рекIее гIолеб жоялда гъоркь хъвадарулел рукIарал, гьеб данде кколеб букIин бихьизабулел рукIарал чагIи, гьанжеялдаса хадубги гьединго ругониги къануналъ гьезие щибниги тамихI гьабизе бегьуларин хъвалеб буго Семешкиница. Гьесул рагIабазда рекъон интернеталда жинцаго экстремистиял жал хъван, гIадамал гьелде ахIулев чиги гьеб хъвай-хъвагIай рекIее гIолеблъи бихьизабуравги батIи-батIияв чи кколев вуго адвокатасул баяназда рекъон.

«Жакъасеб Кавказ» абураб блогералъул гIуцIиялъул гIахьалчи, жамгIияв хIаракатчи Хадулаев Шамилица гьеб къануналъул рахъ кколеб буго, амма гьесул пикруялда рекъон гьеб интернет-экстремизмалда хурхараб къануналде гъоркье ккечIого рукIине интернетчагIазе бичIчIикьезе кколеб буго. Гьеc абухъе чанги чиясда гьединаб къанун бакккун букIин лъачIого хутIизе бегьулила, гьединлъидал цин киса кибего гьелъул хIакъалъулъ баянал тIиритIизаризе кколеб буго, хадуб, гьелда рекъон кинав чиясе сундуе гIоло тамихI гьабизе бугебали бичIчIизабизе кколеб буго.

Шамиль Хадулаев
Шамиль Хадулаев

Хадулаев Шамиль: «Дица гьеб къануналъул тIубан рахъ ккола. Амма дида жеги бичIчIулеб гьечIо къватIисел хIукуматаздаги рукIун нилъер гьанир ругел гIадамазул цIараздасан хъвадарулеб халкъалъе кин гьелда рекъон тамихI гьабизе бугебали. Гьабулеб батани киназего гьабизе ккола тамихI, гьоркьов чи течIого. Чанги руго гури нилъер гьанир полициялда хIалтIулел гIолохъаби жалго интернеталда батIи-батIиял цIаразда гъоркьги рукIун пачалихъалде данде хъвадарулел, экстремизмалде ахIулел чагIиги. Гьезиеги гьабизе ккола тамихI. Щибаб лайкалъухъ яги репосталъухъ туснахъ гьаричIониги гIадамазда бичIчIизабизе ккола гьел ишазул жаваб кьезе кколеблъи. Гьедин экстремизмалде ахIизе лъугьинчIониги тIалъиялъухъ хIакъалъулъ бугеб пикру загьир гьабизе толеб буго гури. БокьанагIан гьабе критика, гьеб лъицаго гьукъулеб гьечIогури.

Кавказалдаго бищун гIемер чияс цIалулеб блог бугезул цояв, гъалгъаязул республикаялдаса рахIму-цIобалъул фондалъул нухмалъулев, жамгIияв хIаракатчи Бекмурзиев Мусаца «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда абуна гьеб къанун бугила гIадатиял гIадамазда тIад кверщел гьабизелъун бахъулеб жо. Цого цо эркенлъи букIараб интернеталги пачалихъалъе данде кколареб жо гьукъизелъун, гьел хIукуматалъул кIалдире ралагьараллъун рукIине къваригIун бугила тIалъиялъейилан.

Муса Бекмурзиев
Муса Бекмурзиев

Муса Бекмурзиев: «Халкъ экстремизмалде ахIиялъухъ яги цойгидал такъсиразухъ тамихI гьаби гьеб лъикIаб жо буго, амма батIи-батIиял багьанабиги ратун гьел къанунал гIадатиял гIадамазул экренлъи хвезабиялъе гIоло рахъи мекъи буго. Нилъер гьаниб гIемерисел къанунал халкъалъе заралалъе гурони рахъуларо, гьелъха гIадамаз къануналъул къиматги адабги гьабулареб. Киназего гьабеха рекъон тамихI, гIадатияв чиги, полициялъулавги, хIакимчиги, бечедав чиги цого къагIидаялъищ диваналда цере чIолел? ЧIоларо. Гьеб къануналъ тIалъиялъе рес кьезе буго жидеего данде кколарев чиясде данде питна гьабизе, гьес интернеталда щибалиго хъван бугинги абун гьев къануналде цIай гьезие захIматаб жо буго. Цойгидал къанунал хIалтIуларел гIадин гьеб къанунги хIалтIизе гьечIо тIалъиялъул чагIазде данде. Рагьун экстремизмалде ахIулел пачалихъияб думаялъул депутатазги, вице-премьеразги гьеб къануналде рекъон абуралъул жаваб кьолареблъи лъала дида».

Гьаниб абизе ккола Россиялъул къануназда рекъон экстремистияб багъа-башариялъе финансазул рахъалъ кумек гьабуралъухъги тамихI кьваризабун бугилан. Гьанже гьеб такъсиралъухъ анлъго соналъ жанир тIамизе рес буго.

XS
SM
MD
LG