МагъчIваялъе рес

Телефоназул "макручагlи" гlемерлъун руго


Рекламаялъул магIна бугел кагътал яги спам телефоназдасан ритIулезе гIадлу гьабизе бокьарал гIадамазе гьединаб рес кьолеб буго гьанже Россиялъул антимонополияб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ. Гьеб идараялъул баяназда рекъон, гьединал кагътал ахираб заманалда цIикIкIунел руго ва гьеб пишаялде данде къеркьезе ккола. Гьелъул ва рекламаялъул къануналда ккарал хиса-басиязул бицунеб пресс-конференция тIобитIана рехсараб идараялъ талат къоялда МахIачхъалаялда.

2013 соналдаса байбихьун Монополиялда данде чIараб федералияб хъулухъалъ кьваризабулеб буго хIалтIи телефоналдасан рекламаялъул кагътал ритIулел чагIазда данде. Гьедин 2014 соналда Дагъистаналда бугеб гьеб идараялъул хъулухъалъ къабул гьабун буго гьединал кагътал ритIулел чагIазда тIасан гIадамаз хъвараб 37 гIарза. Гьел гIарзабазул къогоялъул халгьабун буго монополиялда дандечIараб хъулухъалъ микьго гIарза нахъачIван буго щай гурелъул гьезда жаниб къанун хвезабиялъул хIужа батичIого. Гьедин бицана журналистазе 1 июлалда тIобитIараб пресс-конференциялда монополиялде дандечIараб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев хисулей Халалаева Джамиляца.

Аслияб куцалъ гIадамал махсароде ккураб рекламаялъул кагъатал ритIиялда бун 200 азарго гъурщил гIакIа къотIун буго буго телефоназул оператор МТСалда тIад.

Гьеб компаниялул цIаралда МТСалъул номер бугел чагIазул телефоналде гьоркьоса къотlичIого рачIунел руго чанго азарго чиясда гьорrьоса дур рес бугин "Мерседес Бенц" маркаялъул автомобиль бергьине , гьелъие гIоло дуца пуланаб номералде мун рази вугин абураб кагъат битIеян хъван букIуна гьениб.

Гьединал рекламаялъул кагъатал бищун гIемер ругелъул гьезда данде кинаб хIалтIи гьабулеб бугебан суал кьуна журналистаз.

ХIакъикъаталда гьеб тайпаялхул кагъатл бищун Iгемер ругин жакъа гьел ругин хIидда макруялъул муралад ритIулел кагътал ва гьезда данде гьабулеб хIалтIи низам цIунулелгун рекъон гьабулеб бугин жидецаян

Гьединал рекламаялъул кагътал ритIулелчагIи щалали чIезабизе бигьаяб масъала гуро, щайгурелъул гьезул буго чанго батIияб къукъа ва гьел рикь-рикьун руго тIубараб Россиялда. Гьединлъидал жалго гьел рекламаялъул кагътал ритIулеб сотовыяб операторазда хадуб жавабчилъи кьваризабизе изну кьолел хиса-басиял къануналда жанир гьаричIого ахIвал-хIал лъикIаб рахъалдехун хисулеб гьечIо.

Суал бачIунеб буго кин гIадамазул номерал гьединал чагIазухъе щолел абураб. Нижехъе щвараб баяназда рекъон гIемерисеб мехалда гьелъие гIиллалъун кколеб буго гIарац рехулел терминалаздаса гIарцуда хурхарал батIи-батIиял хIажалъаби гIадамаз тIуралел рукIин. Гьел рукIине бегьула Киви ва гьел гурел цогидал гIарац рехулел терминалал. Гьединал гIарцуда хурхарал батIи-батIиял хIажалъаби тIураялъул къотIи-къай хъвалаго гIадамаз хIисалде босулеб гьечIо цадахъго гьез разилъи кьоеб букIин жидерго телефоналъул номералде бицен гьабулеб тайпаялъул рекламаялъул кагътал ритIизе ва гьез жидерго иргаялда гьел номерал кьолел руго цогидал чагIазухъеги

Аслияб куцалда гьединал смс спамазул къурбаналлъун кколел руго телефоналъул киналго функциябирагIа ракьанде щун хIалтIизабизе лъаларел цIикIкIараб ригьалъул гIадамал. Гьединазда лхан букIине информалатазул кумекаладлъун рекламаялъул кагътал тIиритIизарулел чагIазед низам лъазабиялъул баянал кьолел руго мнополиялад дандечIараб хъулухъалъ. Гьединал кагътаз махсароде ккурал чагIаца гIарза хъвазе бегьула рехсараб идараялде.

Пресс-конференциялда гьединго бицана рекламаялъул хIакъалъулъ федералияб къануналда жанир хиса-басиял гьарун рукIиналъулги Гьедин мисалаъе хиса-басиял гьарун руго къарзалъе гIарац кеялъул рахъалъ реклама тIибитIизабулел чагIазда хурхун. Гьелда рекъон, къарзалъе гIарац кьеялда тIасан реклама гьабулев чиясул гьелъие хIажалъулеб профессионалияб лъай батIичIони гьесул букlунеб рагIуларо гьеб реклама гьабизе ихтияр.

XS
SM
MD
LG