МагъчIваялъе рес

Путиница гъулбас лъуна интернеталда экстремизмалде ахlиялъул къануналда гъоркь


Интернеталдасан экстремизмалде ахIиял гьариялъухъ тамихIалде цIаялда сверун къануналда гъоркь гъулбас лъуна Россиялъул президент Владимир Путиница. Гьеб документ кьолеб буго ихтияразул информациялда хурхун официалияб сайталда. Экстремистияб багъа-башариялъе финансазул рахъалъ кумек гьабуралъухъ гьанже анлъго соналъ жанир тIамизе рес буго.

Цебе, Россиялъул къануназда рекъон, жавабчилъиялде цIалел рукIана гIицIго информалатаздасан экстремизмалде ахIиял гьарулел ругони. Гьанже гьединал ахIиял интернеталда гьаруралъухъ гIадатиял гIадамалги тамихIалде цIазе рес буго.

XS
SM
MD
LG