МагъчIваялъе рес

Аскариял Тикриталдаса нахъе къан руго


ГIиракъалъул хIукуматалъул аскариял Тикриталдаса жанубияб рахъалдехун нахъе къан руго.

ГьабсагIат танкабазул, рагъулал автомашинабазул ва авиациялъул квербакъиялдалъун лъикIалан яргъид гIуцIарал аскариял цIияб гьужумалде хIадурлъулел руго.

Тикрит шагьар гьалкъояз бахъун буго «ГIиракъалъул ва Леванталъул исламияб пачалихъ» абулеб радикалиял суннитазул багъа-бачариялъул къеркьохъаназ.

Гьел гьениса нахъе гъей мурадалда хIукуматалъул аскарияз рилълъанхъизаризе руго СУ-25 тайпаялъул Россиялъул рагъулал боржараби.

ГьатIан къоялъ ГIиракъалде бачIун буго щуго гьединаб боржаро.

Щвараб баяналда рекъон ГIиракъалъул хIукуматалъ гьезухъ кьун буго 500 миллион доллар.

XS
SM
MD
LG