МагъчIваялъе рес

Жанубияб Гьиристаналъ «Донецкалъул республика» къабул гьабуна


Жинца жидедаго лъидаго бачIеб республикаилан абулеб Жанубияб Гьиристаналъ пуланаб Донецкалъул республикаялъул суверинитет къабул гьабуна.

Гьелда хурхараб хасаб амруялда гъоркь гъулбас лъуна Жанубияб Гьиристаналъул бетIер Леонид Тибиловас.

Араб анкьида Цхинвалалъул тIадтараз гьединго къабул гьабуна пуланаб Луганскалъул республикаялъул суверенитетги.

Жибго Жанубияб Гьиристан лъидаго бачIеблъун рикIкIунеб буго Россиялъ, Никарагуалъ, Науруялъ, Венесуэлалъ ва Тувалуялъ.

XS
SM
MD
LG