МагъчIваялъе рес

Хив мухъалда хасаб операция тIобитIана


Дагъистан. Табасаран мухъ.2013 соналда гьениб букIараб теракталъул хIасил.
Дагъистан. Табасаран мухъ.2013 соналда гьениб букIараб теракталъул хIасил.

27 июналда Дагъистаналъул Хив мухъалда тIобитIараб хасаб операциялъул хIасилалда чIван вуго Жанубияб Дагъистаналъул изнугьечIого яргъидгIуцIаразаул къокъаялъул гIахьалчи. Цеве-цевеги батIи-батIиял такъсиразулъ гIахьаллъи гьабиялда щаклъи букIун гьев тIолгороссиялъул цIех-рехалде лъазавун вукIун вуго.

Рузман къоялъул радакь 4 тIубараб мехалда Хив мухъалъул Захит абулеб росулъ изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчи валагьулев вугин, гьединлъидал рослуъ терроризмалде дандечIараб низам лъазабун бугин абурал баянал тIоритIизаруна къуваталъул идарабазул вакилзабаз.

Гьебго къоялъул радал 10 тIубараб гIадаб мехалда гьев вахчараб рукъ сверун ккун буго къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз. Кверде вачIайилан абун гьевгун гара-чIвариял тIоритIун хадуб вахчараб бакIалдасан низамцIунулезде кьвагьдон вуго гьев, рокъо жаниса щивниги къватIивеги вачIун гьечIин.

Цо дагьабги заманалдасан цо-цоккун гьеб сверун ккураб минаялъуса къватIире лъугьун рачIун руго руччаби ва лъимал, кинавниги 9 чи, гьезул 4 рукIун руго лъимал. ИзнугьечIого яргъидгIуцIарас къватIиве вачIине инкар гьабун буго ва цIидасан низам цIунулезде кьвагьдон вуго, данде кьвагьаб жоялъ чIван вуго гьев чи. ТIокIаб лъиениги кинаб букIаниги заралги ккун гьечIо.

Россиялъул терроризмалде дандечIараб идараялъ кьурал баяназда рекъон гьев чIварав чи кколев вуго Жанубияб Дагъистаналъул изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчи, 1969 соналъ гьавурав Хив мухъалдаса Велиханов Сиражудин.

Гьеб цебехун рехсараб къокъаялъул нухмалъулев «Абу-Ясирилан» жинда абулев ГIабдуллаев ХIасанил вацгIалги кколев вукIун вуго гьев чIварав Сиражудин Велиханов. ИзнугьечIого ярагъ бичиялда, гьеб хIалтIизабиялда ва изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъулъ гIахьаллъи гьабиялъул щаклъиги букIун лъагIелгIан мехалъ федералияб цIех-рехалда лъазавунги вукIун вуго гьев чIварав.

ЦохIо исана соналда жаниб Табасаран мухъалда тIобитIана 4 хасаб операция, 6 нухалда лъазабун букIана терроризмалде дандечIараб режим. Табасаран мухъалдаса жамгIияв хIаракатчи Къурбанов Гъазиханил пикруялда рекъон гьеб мухъалда экстремизм тIибитIииялъе бищун кIудияб гIиллалъун буго хисулареб тIалъиги, коррупцияги.

Къурбанов Гъазихан: «Табасаран мухъалда бугеб инугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъа тIолабго Жанубияб Дагъистаналдаго бищунго къуватаб буго.

Гьеб Жанубияб Дагъистаналъул къокъаялъе бетIерлъиги табасараназ гьабула, жибго къокъаялъулъги гIемерисел табасаранал руго. Гьелъие аслияб гIиллалъун буго нижер рахъалда бугеб тIалъиялъ гьабулебщинаб хъублъи. Хивалдаги нижер Табасаран мухъалдаги чаналиго саназ хисулареб цого тIалъи букIана.

Гьез жидеего бокьа-бокьараб гьабун кверде босун рукIана тIубаарал мухъал. Гьезда ццин бахъун рохьоре унел гIолохъабазулги гIураб къадар буго.

Гьедин гуребги жидеего бокьун изнугьечIого яргъидгIуцIаразул кьерулъе лъугьаразу къадарлъи къойидаса къойиде цIикIкIун гурони дагьлъулеб гьечIо.

Кин гьел дагьлъилел, гьезие кинал рокьаниги ресал чIезарун ругелъул, ай табасараназул хIакимзабазги, къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазги гIарацги, шартIалги цойгидаб щиб бокьаниги чIезабулеб бугелъул гьезие.

Гьел тIалъиялда ругезул гIемерисезул гIагарлъиги буго гьеб рохьоб бугеб къапилаялда гьоркьоб.

Гьелъин нижеца республикаялъул цIияб нухмалъиялда гьеб нижер тIалъи хисейилан гьарулеб букIараб».

Гьедин Гъазихан Къурбанов гьоркьове унев Табасаран мухъалъул коррупциялде дандечIараб гIуцIиялъ гIемерал митингалги, цойгидал акциялги тIоритIана мухъалъул бетIерлъун вукIарав ШихмухIамадов НурмухIамадги гьесул къокъаги хисейилан абун, амма гъоркьисала июнь моцIалда гурони гьев хIакимчисда хъулухъ тезабичIо.

Гьесде бюджеталъул гIарац бикъиялъул гIайиб гIунтIизабуна, гьесул вас ШихмухIамадов Сандроги изнугьечIого яргъидгIуцIаразул кьерулъ вукIиналъул ва изнугьечIого ярагъ бичиялъул, хIалтIизабиялъул гIайибалги гIунтIизавун лъагIелгIан мехалъ туснахъалда вуго.

Гьесул ишалда сверун жеги цIех-рех лъугIун гьечIо. МухIканал гурел баяназда рекъон гьев Сандроца Жанубияб Дагъистаналъул изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъа яргъидалъун хьезабулеб букIанин абурал баяналги руго цIех-рехчагIазухъ.

XS
SM
MD
LG