МагъчIваялъе рес

«ЧIвалел руго дур васал, холел руго дур вацал»


Сугъулдерил росу.
Сугъулдерил росу.

26 июналъ Дербенталда тIобитIараб хасаб операциялъул хIасилалда чIван вуго цо изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчи, гьесда цадахъ рокъор рукIарал лъади ва гьелъул эбел чIаго хутIун руго. Гьебго къоялъ МахIачхъалаялдаги къуваталъул идарабаз чIван вуго экстремистазул кьерулъе гIолохъаби ахIулев вукIарав, МахIачхъалаялъул изнугьечIого яргъид гIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчиги.

Хамиз къоялъ Дагъистаналда къуваталъул идарабазул вакилзабаз изнугьечIого яргъид гIуцIаразул кьерулъ ругелин рикIкIунел кIиго чи чIвана. АрбагI къоялъул сардилъ 11 тIубараб мехалда Дербенталда

терроризмалде данде чIараб низамги лъазабун Наримановасул къотIноб бугеб цо минаги сверун ккун, къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз хасаб операция байбихьана.

Низам цIунулез гьеб рокъор ругел чагIазда кверде рачIайин абураб жоялъул пайда ккечIила, гьенисан полициялъулазде кьвагьи бахъинабунин абун лъазабулеб буго Россиялъул терроризмалде данде чIараб комитеталъ.

Хадубги цо чанго сагIаталдасан гьенир жанир рукIарал кIиго чIужугIадан къватIие ячIун йиго, полициялъулазде кьвагьделев вукIарав чияс кверде вачIине инкар гьабун буго.

Сордоялъ гьеб рукъ сверунккун букIун буго, радал цIидасан байбихьараб хасаб операциялъул хIасилалда чIван вуго гьеб минаялъув вахчун вукIарав Улубеков Малик.

Гьев кколев вукIун вуго сугъулдерил изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул жигарав гIахьалчи, сверун ккураб рокъоса къватIире рачIарал руччабазул цояй гьесул лъади йикIун йиго, цойгидай кколей йиго гьелъул эбел.

Къуваталъул идарабаз кьурал баяназда рекъон чIварав Улубеков Малик рохьове ун вуго 2013 соналъ, гьес гIахьаллъи гьабун букIун буго 15 маялда Гъуниб мухъалда полициялъулазде гьабураб тIаде кIанцIиялъулъ. тIадекIанцIиялъулъги. Гьелъул хIасилалда чIвана полициялъул 2 хIалтIухъан, 10 лъукъунги вукIана. Цойги кIиго полициялъул хIалтIухъан чIвараб цойгидаб такъсиралъул гIахьалчилъунги вукIун вуго гьев.

Гьединго арбагI къоялъул радал МахIачхъалаялда сверун ккураб рокъоса кодоб ярагъгун къватIие ворчIизе хIаракат бахъулаго полициялъул хIалтIухъабаз чIвана 1976 соналъ гьавурав Таймурадов МахIач.

Россиялъул терроризмалде дандечIараб идараялъул баяназда рекъон гьев кколев вукIун вуго гьаб сагIат Дагъистаналда бугеб изнугьечIого яргъидгIуцIаразул багъа-бачариялъул бутIрузул цоявлъун.

Гьебго идараялъ кьурал баяназда рекъон 2005 соналъ гIадамал жигьадалде ахIиялъухъ, гьел вагьабиязул кьерулъе рачине хIалал рихьиялъулъ мажгиталдаса нахъе къотIун вукIун вуго МахIач Таймурадов.

2007 соналдаса нахъе изнугьечIого яргъидгIуцIаразе жигараб кумек гьабулеб букIун буго чIварас. Хасал идарабаз лъазабухъе, ахираб заманалда гьесул щулияб бухьен букIун буго Доку ГIумаров чIван хадуб Имарат Кавказалъул бетIерлъун вахъарав ТIелекьа Кебеков ГIалиасхIабилгун.

Гьедин чIварав Таймурадов вукIун вуго Шималияб Кавказалда гIолохъабазда гьоркьоб бичIчIикьеялъул, гьел экстремистазул кьерулъе ахIиялъе нухмалъи гьабулев чилъун ва Гъизилюрталъул изнугьечIого яргъидгIуцIаразул кьерулъ вугев чилъун.

Гьев изнугьечIого яргъидгIуцIаразул жигарав гIахьалчи вукIиналъе нугIлъи гьабула интернеталда бугеб гьес жал жигьадалде хIадур ругилан, гьеб сундухъниги балагьичIого гьабизе кколин абун гьарурал кIалъаязги.

Гьел видео-клипазда кодоб ярагъги ккун гьумерги бахчун МахIачица Абу-ГIубайдайилан абурав чиясдехунги вуссун абулеб буго джигьадалъе къваригIанщинаб жоги бугила жидехъ, 4 автоматги бугила, жеги тIадеги ярагъги щвезе бугилан, дагьалги гIадамалги рачIине ругилан.

МахIач Таймурадов кколаан Гумбет мухъалъул Игьали росулъа чи. 2008 соналъул февралдаги 2010 соналъул октябралдаги жиндица кинабго экстремистияб ишги лъугIизе танин, жиндиего бокьун гьеб къануналде дандекколареб пишаялдаса инкар гьабулеб бугин лъазабун лъазабун букIун буго гьев Гумбеталъул амирлъун тун вукIарв Таймурадовас.

КIиабилеб нухалда чIварас жиндирго росдал мажгиталда, Игьалиб халкъалда цебе лъазабун букIун буго жиндица кинабго экстремистияб багъа-бачариялдаса инкар гьабуле бугилан, гьенивго гьедунги вукIун вуго гьев кинабго къваригIел гьечIеб иш-пишаги тун жив ракълилаб гIумруялде вуссине вугилан.

Игьелдерицаги гьесда лъазабун букIун буго мун битIараб нухде лъугьинчIони, мунги дур кинабго хъизан-кулпатги росу тун къватIире къотIизе ругилан. МахIач кверде вачIун хадуб гьес полициялда лъазабун буго жив экстремистаз хIинкъабиги кьун тIамунила жидерго кьерулъе лъугьинейилан.

МахIач Таймурадов: «Дие гьез хIинкъаби кьолел рукIана, жидее кумекги гьабичIого мун полициялъулгун хурхеналда ватани жидеца чIвазе вугин мунин лъазабуна гьез. ЦохIо дие гурониги хIинкъи букIана дир хъизамалъеги.

Гьез дун гIадамал жигьадалде ахIулел, гьезда гьоркьоб вагьабизм тIибитIизабиялъулал кIалъаял гьаризе тIамулаан. Дие данде кколеб жо букIинчIо гьеб. Дун киданиги гьеб рагъ-кьалалъул чи вукIинчIо, гьединав вукIаравани диего бокьун квердеги вачIинароан дун».

Кверде вачIунелъул чанго автоматги, гьезул гулбиги кьун рукIун руго Таймурадовас полициялде. Амма гьелщинал лъазабиязда хадубги, жамагIаталда цебе жив битIараб нухдаса вилълъинин гьедун хадубги, гIемер мехго иналде МахIачица цIидасан ругьунабго иш байбихьун буго.

Гьев нахъойги жиндаго сверухъ гIолилаги ракIарун гьел экстремизмалде ахIизе лъугьиналъ къуваталъул идарабаз валагьулев вукIана гьев. Гьевги гьесул къокъаялъул цойгидал гIахьалчагIи ралагьизелъун тIобитIун букIана исана март моцIалда Гумбет мухъалда хасаб операция.

Рохьор гьезда хадур лъугьунаго гьабураб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда Гумбет мухъалда 2 анкьица бухIулеб букIана рохь.

Гьал къоязда ЦIумада мухъалдаги изнугьечIого яргъидгIуцIарал ралагьизе хасал тадбирал тIоритIулел руго. Гьедин 25 июналдаса нахъе гьенибги терроризмалде дандечIараб низам лъазабун буго.

XS
SM
MD
LG