МагъчIваялъе рес

«Диван киназего цого букIине ккола»


Гьал къоязда диваналъ гIайибияв вугин абун хIукму къотIун букIун буго Дагъистаналъул Гъаякент мухъалъул бетIер ХIамзаев Ильмудин. Гьеб хIукму къотIун бахъиналде амнистиялдеги ккун диваналъ ритIухъги гьавун вуго гьев бесдал лъималазе биччараб гIарац бикъиялъул гIайиб гIутIизабулев вукIарав хIакимчи.

Бащадаб лъагIалица халатги бахъун гьал къояз Дагъистаналъул Гъаякент мухъалъул бетIер ХIамзаев Ильмудиние гьабулеб букIараб диван лъугIана гьал къоязда.

Гьев хIакимчиясде бесдал лъималазе рукъзал росизелъун биччараб чанги миллион бикъиялъул гIайиб гIунтIизабулеб букIана. МухIканго кигIан гIарац гьес бикъарабали бихьизабичIониги цIех-рехчагIаз кьурал баяназда рекъон I5ниги бесдаласе рукъ босизе кьураб гIарац чвантиниб лъун буго хIакимчияс.

Гьес бесдалазе кьезейилан абун бакIалъул гIадамазухъ рукъзал росарал хIисабалда гьереси къотIи-къаял гьарулел рукIун руго, гьезда рекъон бесдал лъимал рукъзабаздалъун хьезарун ругин абун хIисабги кьолеб букIун буго.

Гьеб кинабгоги тIатун къоркьиса июналда къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз ккуна Ильмудин ХIамзаев. Цо моцIги туснахъалъуб бан рокъов туснахъ гьавун тун вукIана гьев диваналъ.

Бащадаб лъагIалица цIех-рехги гьабун ХIамзаевасул иш диваналде кьун букIана.

Гьедин хIакимчиясде жиндирго хъулухъалдаса цIикIкIун пайда боси, ай гьебги хIалае ккун жиндиего бокьа-бокьараб гьабизе лъугьиналъул, хIалтIул документал хисизариялъул, хасал идарабазе цIех-рех гьабизе квалквал гьабиялъул ва цойги чанго батIияб гIайиб гIунтIизабулеб букIана.

Диваналъ цин гьесда гIайиб бугинги чIезабун, условно 4 соналъ туснахъ гьавизе хIукму къотIун букIун буго, амма гьеб сагIатго амниястиялде гъоркье кколин гьевиланги абун эркенги гьавун вуго.

Россиялъул конституциялъ 20 сон баялъул хIурматалда гьабулеб гьеб амнистия 18 июналда лъугIизе кколеб букIун буго, гьеб къоялъ гьабуна Ильмудин ХIамзаевасда тIад диван.

ГIемерал саназ хIакимзабазде данде къеркьолев вугев, жамагIатчи, Табасаран мухъалъул коррупциялде данде чIараб гIуцIиялъул гIахьалчи Къурбанов Гъазиханица рикIкIунеб буго цIех-рехчагIазги, тIалъиялъги ургъунго виччан тарав чи вугин ХIамзаевлилан.

ГIадлу гьабизе къваригIун букIун батани гьабщинаб мехал ХIамзаевгун расандилел щайдила гьел рукIарал, лъагIалица лъугIилареб гIадаб диванги букIинчIила гьесул.

Багьа-багьана батун жидеего нухал ралагьичIого чIоларила гьел хIакимзаби, гьединал диванал рихьараб мехалдайила гIадамазул я тIалъиялда я диваналда, яги хасал идарабазда божилъи букIунарилан рикIкIунеб буго Гъазиханица.

Къурбанов Гъазихан: «Дагъистаналда дагьабниги хъулухъ-ишалда вугев чиясе диван гьабулареблъи нилъеда киназдаго бихьула. Гьабилищха гьесие диван гьевгогIадал ругелъул диванчагIиги, цIех-рехчагIиги, гьезда нахъа бугеб тIалъиги. Гьез киналго цоцаца ккун рукIуна, цоцаца рацIцIунел рукIуна.

Гьезие ритIухълъиги,унго-унгояб хIакъикъатги къваригIун букIунарелъул. Гьезул буго жидерго хIакъикъатги, ритIухълъиги. Гьезул мухъдасан вилълъине бокьичIев цониги чи толаро гьез жидерго системаялда гъорлъги.

КIиго анкьида жаниб лъугIизабун бажарулеб гьев ХIамзаевасул диванги бащадаб лъагIалица халатги бахъинабун гьабиялъул магIна щиб. Гьес тIадругезулгун рекъезабун батилаха, гьедин амнистияги хIалае ккун гьеб лъугIулеб ахирисеб къоялъ диванги гьабун ворчIана гьев бесдалазе щолебцин гIарац бикъизе нечечIев чи.

Гьединлъидал нилъер гьаниб бугеб диванчагIи хъулухъалде тIамулеб система лъугIизабизе ккола. Жидерго чи гурони гьоркьове виччалареб гьеб коррупциялъулаб диван лъугIизабизе ккани диванчагIи халкъалъ рищизе ккола. ТIолго дунялалда гьелги рищунлъидал гIуцIулеб диван».

Гьединго «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Къурбанов Гъазиханица абуна Россиялда диваналъул система хисизабизе цIакъ захIмалъизе бугила, гьединлъидал жамгIиял, халкъиял диванал гIуцIизе кколилан.

Лъиданиги рачIел гьел диваназ ритIухъаб хIукму къотIиялда божилъи цIикIкIун букIине бугила, гьелда хадуб халкколел чагIиги цIакъго гIемер рукIине ругилан.

Гьедин дагьаб цебегIан букIараб Дагъистаналъул халкъазул съездалдаги гьеб жамгIияб диван гIуцIизе ккеялъул суал борхун букIун буго. Гьеб диван кин хIалтIизе бугеб ва гьенив щив гIахьаллъизе вугевали бицана Къурбанов Гъазиханица.

Къурбанов Гъазихан: «ГIадатиял гIадамазе диван гьабизелъун гIуцIулеб жо гуро гьеб халкъияб жамгIияб диван. Гьеб буго хIакимзабазе тамихI гьабизе, гьел гIадлуялде цIазелъун хIалтIизе биччазе бугеб гIуцIи.

Гьел ругоха нилъер пачалихъалъул диваналъул системаялъ росуларел чагIи. Гьединлъидал халкъалъ кьела гьезие къиматги, гьабила гIадлуги, тамихIги. Гьедин гьабуни гурони дида тIокIаб батIияб нух бихьулеб гьечIо, тун гьечIеблъидалха гьеб нух. Нилъер ихтияр буго тIалъиялъе къимат кьезе.

Гьеб диван гIуцIун хадуб юридикияб къагIидаялъ къимат кьунги бажарина. ЛъикIаб гIумру букIун гуро гьеб диван гIуцIулеб бугеб, гьелде ккезарун руго гIадамал. ХIалтIилищ гьеб гIуцIи хIалтIиларищали щибго халкъалда буго бараб. Кин гьез гьеб диваналъулъ гIахьаллъи гьабилеб, кинаб божилъи гьезул букIинебали гьелда бараб буго гIемерисеб жо.

Гьеб диван гIуцIарал нижеда тIадаб жо буго лъиданиги бачIого, букIине кколеб хIалалъ ритIухъаб диван гьаби».

Ильмудин ХIамзаевго гIадин бюджеталъул гIарац бикъиялъул ва хъулухъалдаса цIикIкIун пайда босиялъул гIайибалги гIунтIизарун къуваталъул идарабаз ккун руго Дагъистаналъул Хъумторхъала, Хайдакъ, Табасаран мухъалъул бутIрулги.

Гьезул ишазда хурхун жеги цIех-рех лъугIулеб гьечIо, гьеб лъугIизегIан мухъалъул бутIрул рокъор туснахъ гьарун руго.

XS
SM
MD
LG