МагъчIваялъе рес

Украинаялъул ахIвал-хIалалъулъ Россиялъ кинаб бакI кколеб?


Гьеб суалалъе жаваб кьолаго цо-цо экспертаз к1вар буссинабулеб буго т1адтаразде данде ч1ей гьабун ругел украинаялъул бакъбаккул рахъалъул халкъ Россиялъ рагъаризарурал рук1иналде.

Гьел гIадамаз тIоцебе данде чIезе байбихьи гьабулаго Россиялъул рахъалъ яргъидалъунги ва аскарияздалъунги кумек гьабизе рагIи кьун букIун батизе бугин, гьанже хIалуцараб бакIалде ахIвал хIал ккараб мехалъ жалго хутIун ругин гьел кумекги щвечIого, нахъе гали тIамизеги кватIараб бергьунарелъиги бичIараб бакIалде ккун ругин гьенир гIадамал ян рикIкIунеб буго экспертаз.

Журналист Игорь Свинаренкоца эркенлъи радиоялъе жиндирго бербалагьи загьир гьабулаго .украинаялъул халкъ данде чIеялъе гIилла бицунеб буго гьадин.

Игорь Свинаренко: «Ниж, украинаялъул халкъ (россиялда гIумру гьабун вукIаниги дунги украинав вуго), руго божулеб халкъ, ритIухълъиялда, кинабго бицахъе букIунин кколеб, лъикIаб букIинеселъул анищ гьабулеб.

Украинаялда гьабсагIаталда данде чIун бугеб халкъги божун рукIун ратизе руго гьале ниж данде чIеялде ги рахъина, нижерго гIумру нижерго хъатикьеги щвела, цинги нижжее кумекги бачIина абун.

Гьедин букIунаро, ярагъ кьураз буюрухъги кьола гьел нужер ишазда нахъ чIарал чагIиги руго-ян абулеб,божилъи лъолареб халкъалъул гIадаб скептикаялда хадуб букIунаро Украинаялъул халкъ, гьел романтикал руго.

Гьединлъидал кьварун данде чIезе хивал гьабун буго халкъалъ.

ГьабсагIаталда Донецкалда лъугьунеб бугелъул магIнаги кола хехаб талихI гIунцIизе бажариялда халкъалъ божилъи лъун букIин.»

Игорь Свиноренкоца кIвар буссинабулеб буго къватIисеб хIукуматалъул аскаразул кумекалдалъун рагъизеги рагъун, жидерго гIарацги гьечIого, жалго цIунизе аскаралги гьечIого эркенаб хIукумат гIуцIиялъул бицун пайда гьечIолъиялде.

ГьабсагIат украинаялъул бакъбаккул рахъалда ахIвал хIал лъикIлъизабизе кканиги россиялъ течIони гьеб лъугьунареблъиги бичIизабулеб буго экспертас ва жиндаго бихьулеб рахъги цебе лъолеб буго гьеб проблема лъугIизабиялъул.

Игорь Свинаренко: "Дир пикруялда рекъон Украинаялда бугеб ахIвал рукIалиде ккезабизе ккани Россиялъ чIезабизе кола хIинкъи гьечIеб нух гьабсагIат кодоб ярагъ ккун бугел щинал чагIи ахIизе ккола Россиялде хъизамалгун цадахъ.

Лъица гьел рагъаризарурал.? Гьанже гьабизе ккола гьезие кумек хвасар гьаризе ккола гьел.Кьезе кола гьезие политикиял тIурун чIарал абураб статусги".

Украинаялда данде чIун бугеб халкъалъул рикIкIен дагьаб буго.тIаде щолеб кумекги гьечIо, украинаялъул тIадтаразги кIалъаралъаяздалъун конфликт лъугIизабизе хIаракат бахъулеб гьечIо рагъулал операциял гьарун гурони.

Кинаб кIвар яги гIайиб бугеб гьеб лъугьа бахъиналда гьоркьоб Россиялъул.

Щиб гьабизе кколеб Россиялъ? Яги гьабизего кколищ щиб букIаниги?

Цогидав эксперт «Русский журналалъул» бетIерав редактор Александр Морозица эркенлъи радиоялъе жиндирго бербалагьи гьеб суалалда бан гьадин загьир гьабулеб буго.

Александр Мороз: «Гьеб конфликт багъарун гIемераб заман гьечIин абизе кола. ГIицIго анлъго моцI буго ва гьеб лъугIизабизе жеги ресги буго.
Ругелъул конфликтал анцI анцI соназ халат рахъунел ругелги.

Дир пикруялда рекъон Кремлалъ чIван къотIун абизе кколеб букIана, хIалихьатги гьабун нахъегIан къан чIечIо Цолъарал штатазда цебе ва цогидал европаялъул улкабазда цебе,украинаялъул яргъид гIуцIараб халкъалъул рахъ кколарин Россиялъ-абун.

Москваялъ ахIизе колел рукIана гьел гIадамал ярагъги гIодоб лъун ракълилал кIалъа-ралъаял тIоритIизе столалда нахъа гIодорги чIун".

Александр Морозил рагIабазда рекъон украинаялда халкъалъ ярагъ кодобе расги бокьичIого босун буго .Рагьунго гьеб бикьулеб букIаниги. Гьеб кIвар буссинабизе кколеб хIужжаги буго.

ГьабсагIаталдаги шахтеразул данде чIеялъухъ балагьун гьеб буго ракълилаб данде чIей.

Москваялъ чIван къотIун абулеб ани халкъалъ ярагъги гIодоб лъезе кколин, Россиялъ рахъги кколарин Украинаялда ярагъид гIуцIараб дандечIеялъул- абун, гьеб мехалда рес букIана ярагъ кодоб ккун бугезе амнистияги кьезе ракълидалъун конфликтги лъугIизабизе.

ГьабсагIаталда украинаялъул данде чIун бугеб халкъалъул хасияталъухъ балагьун гьел Москваялдаги божулел гьечIин, Киевги гьезие къваригIун гьечIин, кин букIаниги жидецаго гьабун рагIалде гьал лъугьабахъиналги щвезе къваригIун буго гьеб халкъалъе экспертазул пикруялда рекъон.

Нагагь, келареблъун ккун, Киевги тIад рекъон Донецк эркенаб республиклъунги рикIкIун конфликт чIезе толеб бугониги. гарантияги гьечIо Москваялъ украинаялъул цогидалги регионал рагъаризаричIого теялдайин рикIкIунеб буго Александр Морозица.

Экспертас хIинкъи загьир гьабулеб буго украинаялъул бакъбакул рахъ халатбахъараб конфлиталъулаб территориялъун хутIизе бегьиялда.

«Цо лъикIаб рахъ бугин гьениб»- ян лъикIаб хахир гьеб конфликталъул букIине бегьиялде хьулги буго лъезабулеб экспертас.
Жибго украинаялъул халкъалъе рагъги бокьун гьечIолъи ва ярагъ кодоб кквезеги къваригIун гьечIолъи.

XS
SM
MD
LG