МагъчIваялъе рес

Саддам ХIусение диван гьабурав чIван вуго


Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керри Багъдадалда бугеб Америкалъул вакиллъиялда.
Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керри Багъдадалда бугеб Америкалъул вакиллъиялда.

ГIиракъалъул жанубияб рахъалда къеркьохъаназ туснахъалъул автоколонноялде гьужум гьабун, жаниве тIамурав гIага-шагарго къого чи чIвана. Полициялъул лъазабиялда рекъон къеркьохъаназда ва хъаравулчагIазда гьоркьоб бахъараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда гьединго чIван вугин тIаде кIанцIаразул чангоявги. Хужа ккана итни къоялъул радал Багдадалда скIоб бугеб шагьранухда. ТIокIаб мухIканлъи жеги рехсон гьечIо.

Ахирисеб чанго анкьида жаниб яргъид гIуцIарал суннитаз цIикIкIинабуна жидерго асар, ГIиракъалъул шималиябгун-машрикъалъул рахъалда ругел шагьаразда тIад контроль гьабулаго.

РагIулеб буго гъозул аслияб мурад бугин тахшагьар Багъдадалде ине.

ГIемерал гIадамаз гIамал гьабулеб буго къватIирехун ине. Багъдадалъул аэропорталда халатаб ирга ккун бугин ва гьеб халалъулебги бугин къойидаса къойиде.

Цо-цо лъазабиязда рекъон ГIиракъалда гьалкъояз ккун ва чIван вугин Рауф Рашид абулев диванчи.

Цо чанго соналъ цебе хасго гьес хIукму гьабун букIана ГIиракъалъул тIаса рехарав президент Саддам ХIусен гъанкъун чIвазе.

Диванчи Рауф Рашид чIванин «ГIиракъалъул ва Леванталъул исламияб пачалиххъ» абулеб багъа-бачариялъул къеркьохъаназ.

Гьадин лъазабуна Al-Mesyroon. Абулеб гIараб мацIалъул интернет сайталъ цо-цо пачалихъиял хъулухъчагIазул баяназда мугъ чIвай гьабун. Къеркьохъаназ дов Рашид ккун вукIанин 16 июнялда гьес Багъдадалдаса къватIивехун лъутизе къасд гьабулеб мехалда.

КIиго къо ун хадув гьев чIван вугин. Хасго гьадинаб баян загьирабуна Ордоналъул парламенталъул вакил Халил Аттехица.

Гьеб хIужа дурус гьабуна Саддам ХIусенил кумекчилъун вукIарав экс-вице-президент Иззат аль-Дурица. ГIиракъалъул хIукуматалъ гьел лъазабиязда тIаса жеги баян гьабичIо. Амма рехсараб хIужаги нахъ чIван гьечIо.

ГIиракъалда ахIвал-хIал къойидаса къойиде хIалуцунеб букIиналъ гьениве вачIун вуго Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керри.

Улкаялда лъугьа-бахъунелда ГIиракъалъул тIадтараз абулеб буго – гьеб терроризм бугин, ва Цолъарал Штатаздехун руссун кумек гьарулеб буго.

Амма ГIараб улкабазул цо-цо гIуцIабаз гьеб рикIкIунеб буго динияб питналъун.
Вашингтоналъ жиндир иргаялда лъазабуна ГIиракъалде 300 рагъулав махшелчи витIун вугин ГIиракъалъул командованиялъе кумек гьаби мурадалда.

Гьавадул квербакъи букIине бугищ-гьечIищали абураб суалалъе ХъахIаб Рукъалъ жеги жаваб кьечIо. Экспертазул хIисабалда гьелъие жаваб Цолъарал Штатаз кьезехъин бугин пачалихъияв секретарь Джон Керрица бухьулеб сапаралъул хIасилалда.

Гьеб сапар байбихьана 22 июнялда. ТIоцебесеб сапар Керрица Мисралде бухьана.

Итни къоялъ гьев данделъана ГIиракъалъул премьер-министр Нури аль-Маликигун. Гьес абулеб буго ГIиракъалъул хIукуматалде гъорлъе цIикIкIараб къадаралда суннитал ахIулебани лъикI букIинаанин.

Гьадин лъазабуна Reuters агентлъиялъ. Багъдадалде вачIинегIан Джон Керрица гьадин абуна: «ГIиракъалъе нухмалъи гьабулел гIадамал тIами – нижер иш гуро, гь еб буго жалго гIиракъиязул иш. Амма курдалги сунниталги разиял гьечIо ккараб ахIвал-хIалалдаса.

Гьединлъидал, Америкалъ хьул лъолеб буго ГIиракъалъул тIолго халкъалъул вакилзаби гьеб ишалде цIазе букIиналда».

Джон Керрица гьединго тIаде жубана, гьанжесеб ахIвал-хIалалъул жавабчилъи Цолъарал Штатазда тIад лъей – мекъи бугин. Гьеб гIайиб «ГIиракъалъул ва Леванталъул Исламияб пачалихъ» абулеб гIуцIиялде гIунтIизабизе кколин тIоцебесеб иргаялда.

Америкалъул пачалихъиял хъулухъчагIаз абулеб буго хъулухъалдласа хIахьиялде а ян абураб гIакълу Джон Керрица премьер-министр Нури Аль-Маликие кьезе гьечIин.

Гьадин бугониги, Ираналъул рухIияв цевехъан аятоллагь Хаменеица чIван къотIун абуна, ГIиракъалъул жанисел ишазде гъорлъе жубай – данде кколареб жо бугин.

Щиб ккарабали гIиллалъун суннитазул хIаракатчилъиялъе, ян абураб суалалъе жаваб батизе къасд гьабуна нижер радиоялъул мухбирас. ТIоцебесеб иргаялда рехскзк ккола 2005 соналда къабуллъараб терроризмалде данде къеркьей гьабилеб кханун.

Суннитаз абулеб буго гьеб къанун хIалтIизабулеб буго терроризмалде данде гуреб, жалго суннитазде данде. Гьелъул хIасилалда щибаб солналъ нус-нус гIайиб гьечIев суннит туснахъалде рехулаан. 2013 соналда аза-азар суннитас Багъдадалъул къватIабахъ разилъи гьечIолъиялъуль акция тIобитIана.

КIиабилеб гIиллалъун нижер мухбираз рехсолеб буго БААС абулеб Саддам ХIусенил партиялъул рукIарал гIахьалчагIи хъулухъаздаса эркен гьариялда хурхараб хIукму.

Гьеб угребги, гъозие гьукъун буго пачалихъиял хъулухъазда хIалтIизе. Суннитаз абулеб буго гьебги хIукму гьезде данде гьабун бугин, БААС партиялъул гIахьалчагIи аслияб къагIидаялда суннитал рукIиндал.

2011 соналда Америкалъул аскариял ГIиракъалдаса нахъе рачун хадуб Аль-Маликица къасд гьабуна суннитлъун кколев вице-президент Тарикъ аль Хашеми кквезе, терроризмалде данде бараб къанун хIалтIизабун.

Диваналъ хIукму гьабуна Хашеми чIвазе, амма гьев улкаялдаса лъутана.

Суннитал гье динго разиял гьечIо протесталъул акциязул гIахьалчаггIазде тIадецуй, ва гьезие зулму гьабиялда. Шиитазул милиция гIуцIиялда ва цогидал хIужабазда.

ГIиракъалъул суннитал кIиго бутIаялъ рикьун руго. БААС-партиялъул цIиял хIаракатчагIаз къасд гьабулеб буго динимяб гуреб пачалихъ гIуцIизе, «ГIиракъалъул ва Леванталъул Исламияб пачалихъ» абулеб гIуцIиялъул гIахьалчагIазийн гIаммал гьабулеб буго халифат тIад чIезабизе.
XS
SM
MD
LG