МагъчIваялъе рес

Болгариялда лин кIанциялъул хIасилалда хун вуго минимум 12 чи


Бищун дагь босун 12 чи хун вуго Болгариялъул шималиябгун машрикъалъул рахъалда чвахун цIадазда хадуб лъин кIанцIиялъул хIасилалда.

10 чи хун вуго ЧIегIераб ралъадал рагIалда бугеб Варна шагьаралда. КIиго чиясул жаназа батун буго Добрич шагьаралдаги.

Жал кире ккаралали лъачIого тагIаразул къадаралъул хIакъалъулъ информация гьанжеги гьечIо.

Варнаялда лъелъе ккун руго гIемер минаби, цо-цо объектал тIуранго риххун руго. Болгариялъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго, захIматаб ахIвал-хIалалде ккун бугин цогиги минимум лъабго шагьарин.

23 июнь улкаялда лъазабун буго чIегIер баялъул къолъун.
XS
SM
MD
LG