МагъчIваялъе рес

ГIиракъалда радикалиял исламистазул гьужум тохлъизабун буго


АрбагI къоялда ГIиракъалда радикалиял исламистазул къокъаби тIадекIанцIана улкаялда бищунго кIудиязул цояблъун кколеб Байджи шагьаралда бугеб нартил цIатари биччалеб заводалде.

«ГIиракъалдаги Левантеялдеги исламияб пачалихъ» абураб радикалиял исламистазул къокъаялъ бахъана ГIиракъалъул шималияб рахъалда чанго шагьар. Гьез гьанже нух Багъдадалде бахъулеб бугин лъазабулеб букIана информалатаз.

Талат къоялда ГIиракъалъул премьер-министр Нури аль-Маликица телевидениялдасахун гьабураб хитабалда халкъ ахIана миллияб цолъиялде.

Ираналъул президент ХIасан РоухIаница рагIи кьуна ГIиракъалъул Кербала, Наджаф, Самарра шагьаразда ругел шиитазул хазинаби цIуниялъул ишалда кумек гьабизе.

СагIудиязул ГIарабиялъул къватIисел ишазул министр СагIуд аль-Фейсалица лъазабуна, ГIиракъалда гаржданияб рагъ багъаризе бегьулин. Гьелдаса регионалда квешаб асар букIине бегьулин.
XS
SM
MD
LG