МагъчIваялъе рес

Сириялъул Алеппоялда хун вуго 20 чи


Сириялда хIукуматалъул рагъулаб авиациялъ Алеппо шагьаралда щвезабураб кьабиялъул хIасилалда хун вуго бищун дагь босун 20 чи.

Хваразда гъорлъ лъималги рагIула. Сириялъул инсанасул ихтиярал хвезариялъул тохаллъи гьабулеб гIуцIиялъул лъазабиялда рекъон, Сириялъул армиялъ хIалтIизарун рагIула «бочкабазулин» абулел бомбаби.

Инсанасул ихтиярал цIунулезул хIисабалда, гьаб соналъул январалдаса байбихьун Авиакьабияздаса Алеппо шагьаралда хун вуго кIиазаргогIанав чи. Жибго конфликт байбихьараб 2011 соналъул марталдаса тIолабго улкаялда хун вуго 160 азарго гIанав чи.
XS
SM
MD
LG