МагъчIваялъе рес

ХIарибгабурлъухъ гIазу бана


13 июналда Гумбет мухъалда, ХIариб габурлъухъ бан буго гIазу. ЦIунтIа чваххунцIцIадаз хвезарун руго шагьранухал, кьоял. Унсоколо мухъалъул щуябго росулъе бана кутакаб горо-цIад.

13 июналда Дагъистаналда рана чваххунцIадал, гирана гьарчал, секундалда жаниб пулеб гьорол хехлъи букIана 20-23 метра. Гьеб кIиябго къоялъ республикаялда иххал щвезе рес бугин, гIорал-лъарахъа лъим кIанцIизе рес бугин лъазабун букIана гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялъ.

13 июналъул къади Гумбет мухъалъул ХIаригабурлъухъ гIазу аблеб букIанин бицана ЭР-ялъе гьенив гIумру гьабулев Гебеков Гебекица.

Гебеков Гебек: «Къад сагIат 12-ялда балеб букIана гIазу. Доба тIаса гIебеде гIодоб чIунги букIанаха гьеб, цадахъго цIадги гьуриги букIана. Дида гъодинаб жо бихьун букIинчIо жеги. Маялъги букIунаан гIазу, амма июналъ бихьун букIинчIо. Квач букIана гIаздал гIадаб. Пихъги хвана исана нижер».

ЦIунтIа мухъ рикIкIуна бищунго тIабигIиял балагьал гIемер кколеб мухълъун. Гьедин гьал къояздаги чваххунцIадал ран, нухал хвезарун, кьоял рахъун, хIатта гIадамазул цIураб микроавтобус гIурулъе аралгицин балагьал ккана гьенир. ГьабсагIаталда гьениб бугеб ахIвал-хIалалъул бицана ЭР-ялъе МухIамадов МухIамадица. Гьев ккола гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ гIуцIараб комиссиялъул нухмалъулев хисулев.

МухIамадов МухIамад: «Къойилго ралел руго гьанир цIадал. Нижер гьаниб ккараб авария рагIун батила нужеда. Гьелдаса нахъеги балеб буго цIад. Аслияб куцалда зарал нухазе ккола гьаниб. Кьоял рахъун, нухал хвезарун, гьарчал гирун, гIорал-лъарал жанисан цIун, иххал щун – гьеб жо буго. Нижер мухъалда нухазул 85-90 процент буго иххал щолел, ракь ччукIунеб бакIалда ругел. Микьго росдал нухал руго дагьабниги гьелдаса цIунараб бакIалда, хутIарал – гьечIо. ГIемерисеб мехалда нижецаго гьабун гурони, нухал къачIазе кумек лъицаха гьабилеб? Цо-цо кумек «Дагавтодоралъулги» щола, бакIалъул администрациялъулги букIуна. Амма гьезиеги пачалихъалъ гIарац биччалеб буго нижер ракьалъул, гьаниб букIунеб гьава-бакъалъул хаслъиги хIисабалде босичIого. Риидал цIадаз, хасало гIансияз гьабула зарал. Гьелдаса цIуна-къай гьабизе къваригIуна гIемераб гIарац».

Чанго къоялъ цебе кутакаб горо-цIер бана Унсоколо мухъалдеги. Гьедин бицана ЭР-ялъе гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ гьеб мухъалъул администрациялда гIуцIараб бутIаялъул нухмалъулев Къебедов МухIамадрасулица.

Къебедов МухIамадрасул: «ТIубан гIодоб бакI хъахIлъун букIана горогибан Унсоколо, ЦIатIанихъ, Балахьуни, Рихьуни, Генуб – щуябго росулъ».
Дагъистаналда кутакал чваххунцIадалги гьуриги 14 июналдаги букIине бугин лъазабулеб буго гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ министерлъиялъ.

XS
SM
MD
LG