МагъчIваялъе рес

Украиналда зулму чIезабиялъул ишалъулъ «кинабгIаги прогресс» бихьулеб гьечIо Россиялда


Машрикъалъул Украиналда зулму чIезабиялъул ишалъулъ «кинабгIаги прогресс» бихьулеб гьечIолъиялъ рахIат хун буго Россиялъул. Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровасул гьел рагIаби кьолел руго улкаялъул информалатаз. Лавровас гьединго ахIулел руго, гьес абухъе, Украиналъул аскараз цIа рекIинарулел гIадинал гьукъарал бомбаби хIалтIизариялъул хехаб цIех-рех байбихьизеги.
Министрас гьединго абун буго Москваялъ жеги дандбан букIинчIин Украиналде рекъел чIезабиялъул аскарал ритIиялъул суал, гьениб ситуация гьедигIанго контролалдаса ун бугин рикIкIунарин жидецайин.
XS
SM
MD
LG