МагъчIваялъе рес

Дуца бан, дица биххун…


Талгиялда тукаби ва гIадамаз гIисинаб даран-базар гьабизе рарал хъошалги, гьенир лъурал маххул къалалги нахъе росулеб мех, 11 июнь 2014
Талгиялда тукаби ва гIадамаз гIисинаб даран-базар гьабизе рарал хъошалги, гьенир лъурал маххул къалалги нахъе росулеб мех, 11 июнь 2014

Гьал къоязда МахIачхъалаялда аскIоб бугеб Талги росулъе сверулеб бакIалда батIияб чIаголъи лъугьун букIана. Гьелъие гIиллалъун ккун буго чанги саназ гьеб бакIалда рукIарал тукаби ва гIадамаз гIисинаб даран-базар гьабизе санагIалъиялъе рарал хъошалги, гьенир лъурал маххул къалалги нахъе роси ва риххизари. Жидер дармил бакIал риххизарунин абун гIемераб разигьечIолъи букIун буго гьезул бетIергьабазул. Амма щибилан гьез абуниги МахIачхъалаялъул администрациялъул вакилзабиги рачIун гьел тукаби риххизарун руго. Бищун цебе гьел бакIал тIагIинариялъе гIиллалъун лъугьун буго гьел Баку-Ростов федералияб шагьранухлуе кколеб бакIалда ран рукIин, чанцIул абуниги бетIергьабаз гьел нахъе росунги гьечIо.

МахIачхъалаялъул администрациялъул вакилзабаз чанцIулго абун букIун буго тукабазул бетIергьабазда гьел бегьуларел бакIазда ран ругин, жидеца риххизаризегIан течIого нахъе росейин гьелилан, амма гьел рагIабазухъ гIинтIамулев чи ккун гьечIо тукабазул бетIергьабазул.
Гьединлъидал Дагъистаналъул тахшагьаралъул администрациялъул хIалтIухъабиги рачIун Талгиялде сверулеб бакIалда бугеб щуябго тукен биххизабун буго.

Жидеца гьеб иш гьедин тезе гьечIила, жал диваналде ине ругила администрациялъул хIалтIухъабазда тIасан гIарзал хъвазейилан рукIанин гьел, жидее бетIербахъиялъе гьел тукабаздасан бачIараб гурони гIаращ щоларин, гьединлъидал щиб гьабунги жидеца цIидахъан разе ругин гьел тукабийилан рукIанин гьезул бетIергьабийилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул администрациялъул бетIер ХIажиев МухIамадаминица. Гьединго хIакимчияс бицана бокьараб мехалда рахъун ун гьарулел жал рукIунарила гьел бакIал риххизариялъул иш.

Цин гьединал бакIал тIатинаризе шагьаралда хасаб комиссия гIуцIун бугила. Гьелда гьоркьоре унила МахIачхъалаялъул администрациялъул хIалтIухъабиги, архитектураялъул, бакIал раялъул, коммуналиял ишазул идарабазул хIалтIухъабиги. Гьединго ХIажиевасул рагIабазда рекъон гьеб комиссиялъ кIиго моцIида жаниб гьабураб хIалтIул хIисабалда МахIачхъалаялда батун буго 408 изнугьечIого бараб бакI. Гьезда гьоркьоре унел руго тукабиги, рукъзалги, цо-цояз жидерго гIемер тIалаял минабахъ ругел рукъзал цере цIан, гьезда рекIинарун тIадеги гьарурал бакIалги.

МухIамадамин ХIажиев: «ТIолабго шагьаралда унел руго изнугьечIого рарал бакIал тIатинариялъе гIоло тIоритIулел халгьабиял. Цо къоялъ ун гьабун лъугIулеб хIалтIи гурелъул гьеб, щибаб анкьица шагьар сверулеб букIуна гьел бакIал тIатинариялъе гIоло гIуцIараб комиссия. Гьедин кIиго моцIида жаниб 400ялдаса цIикIкIун гьел изнугьечIого рарал бакIал тIатинаруна. Жегиги гьел чанги руго. РукIинарищха гьел къого соналъ бокьа-бокьахъин риччан тун, ракIалде ккара-ккаралъуб бакIалги ранлъидал жакъа нилъер шагьаралда гьаб къо чIезабун бугеб.

ГIурччинлъи хвезабун буго, берцинлъиги гьечIо, цо чияс жиндиего санагIалъи гьабулебин абун нус-нус чиясе зарал гьабулеб буго. Нухлул рагIалда, хIатта рилълъине бакIалцин течIого раралги руго нилъер гьанир тукабиги рукъзали, амма гьанжеялдаса нахъе гьединал бакIал рукIине гьечIо. ХIалтIизе вачIаралдаса нахъе бищун цебе гьеб суалалде кIвар кьуна МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуралев Сулейманов МухIамадицаги, гьесги киназдаго кьварун лъазабун буго изнугьечIого рарал бакIал тезе гьечIилан, дицаги гьединал бакIал риххизаризе ругин лъазабулеб буго. Гьезда нахъа щал рукIаниги батIалъиги гьечIо, сундухъниги ралагьизеги гьечIо».

Гьединго ХIажиев МухIамадаминица бицана жакъа къоялде МахIачхъалаялда изнугьечIого рарал 408 бакIалъул 9 биххизабун бугила, хутIаразул документал диваналде кьун ругилан. Гьеб диваналъ хIукму къотIарабго хутIарал бакIалги риххизарун тIагIинаризе ругилан. Гьес бицухъе риххизарурал бакIазул бетIергьаби шагьаралъул администрация диваналде кьезейилан лъугьун рукIун руго, амма диваналъ гьезул рахъ ккун гьечIо. ХIажиевас абулеб буго жидее бокьунилан абун риххизарулел бакIал гурелъулила гьел, гьел риххизаризе разилъи диваналъ кьун букIунила, гьез хIажаталщинал халгьабиялги гьарун рукIунила, гьединлъидал риххизарурал бакIазул бетIергьабаз жидеда тIасан диваналде чан гIарз хъваниги къануналда рекъон жал бергьунилан.

XS
SM
MD
LG