МагъчIваялъе рес

"Матвееский базаралъул" иш жеги лъугlун гьечlо


Дагъистаналдаса рос-лъади МухIамадов Расулил ва ХIалиматил гIага-божараз гIарза хъван буго Москваялъул диванханаялъ гьабураб хIукмуялда тIасан. Араб соналъул риидал Москваялъул Матвеевский абулеб базаралда ккараб дагIба-рагIиялъул хIасилалда полициялъул хIалтIухъан кьабанин абун гьел кIиязего цадахъ туснахъалъул 30 сон къотIана дагьаб цебегIан. Амма жидер лъималазда гIайиб гьечIин, гьез кьабилалде цеве полицияс гьезде кьвагьун букIанин абулеб буго МухIамадовазул гIага-божараз.

МухIамадов Расулил гIага-божараз Москваялъул диванханаялъ гьабураб хIукмуялда тIасан гIарза хъван буго Москваялъул ТIадегIанаб диванханаялде. Гьедин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Расулил эмен МухIамадов Муртайица. Нижеца цебеккун бицун букIана Дагъистаналдаса рос-лъади Расул ва ХIалимат МухIамадовазе диваналъул 18 ва 12 бащдабги сон къотIанилан. Гьезде гIайиб гIунтIизабуна 2013 соналъул Москваялъул Матвеевский абулеб базаралда ккараб дагIба-рагIиялъул хIасилалда гьез полициялъул хIалтIухъан кьабунилан абун. Амма гьеб хIужаялда тIасан буго гьанже МухIамадов Расулил гIагараз дагIба балеб.

Гьез кьабунилан абулев вугев полициялъул хIалтIухъанас жив полициялъулав вукIин тасдикъ гьабулеб документги бихьичIого байбихьанин кьвагьи гьезде кьвагьи лъезе. Гьеб хIужа диванханаялъ хIисабалде босичIилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе жанив тIамурасул вац МухIамадов Абулмуслимица.

МухIамадов Абулсмуслим: «Гьес кIиго нухалъ кьвагьана автомобилалъуса къватIиве вахъунаго дир вацасде. Гьеб лахIзат видеоялде бахъун буго, интернеталдаги буго гьеб лъун. ГIодоббиччараб режималда балагьани бихьула полициялъулас чвантиниса таманча къватIибе бахъулеб букIараб куц».

ЭР: «Нужец гьеб видео бихьизе гьабичIишха диваналда?

МухIамадов Абулмуслим: «Гьабуна, щай гьабулареб, ишалда гъорлъеги малълъун буго гьеб. ГIадахъцин босичIо гьез гьеб газалъулаб таманча букIаниланги абун. Кинаб газалъул гьеб букIунеб, анцIго нугI вуго гьеб кьвагьул алат букIараблъи тасдикъ гьабизе кIолел. Къануналда рекъон гьабичIелъулха гьез диван, гьез гьабуна жидеего бокьухъе».

Абулмуслим гьабсагIат Москваялда вуго, вацасул адвокат Джафаров Сламангун цадахъ гьев къватIиве вахъизе тадбирал гьарулев. Гьеб хIужаялде кIвар буссинабуни бокьилаанин журналистазгиян абулеб буго гьес. Гьелъул бицен гьабураб кагъат хъван буго гьес президент Путинихъеги, амма кагъат гьесухъе ккезабизе кIун гьечIо.

Расуловасе 18 сонил туснахъалъул сон тIалаб гьабурай прокуроралъ к1вар буссинабун буго гьел кIияго полициялъул хIалтIухъан чIвазехъин вукIанин гьез гьесие кумек щун букIичIебани.

Амма ургъунго Кавказияздехун бугеб рокьукълъи загьир гьабураб гIадин гьабуни жиндир васасеги гьесул хъизаналъеги диванилан абулеб буго Расулил эмен Муртайица.


МухIамадов Муртай: «Диваналда ахирисеб рагIи абизе изну кьурабго нус ХIалиматица абуна жал хIинкъизе гьаругейин, жал гIадатияб яшавалъул чагIи ругин, нижер террористал рахъинаругеян. Ниж ругин нужее хъарпуз, ламадур бичизе къватIире рахъарал чагIи».

Гьеб кинабго байбихьана МухIамадов Раслулил хъизан ХIалиматил вац МухIамад кквезе полициялъул хIалтIухъаби рачIиндал. ГIурус ясалда тIад хIал гьабун бугилан гьесилан 12 соналъул туснахъ къотIун буго гьесиеги. ГIакълу лъаялъул рахъалъ мукъсанлъи бугев чи хIисабалда лъимерлъудаса нахъего пенсияги чIезабурав, сакъатав инсан кколин гьевилан абуна Муртайица. Гьанже жанив тIамураб бакIалдаги, цин жинда гьаниб чIалгIун бугин, къватIиве вачеян гIодун, хадув велъун гьеб къагIидаялда рагIулин гьев гьабсагIат туснахъалдаги.

Дагъистанияз полициялъулал руханин интернеталде рехараб видео монтаж бугин, хIакъикъаталда гьениб ишги батIайисан букIанин хъвалеб букIана араб соналда «Русская планета» абулеб сайталъ «Матвеевский» базаралда ккараб тунка-гIусиялъул хIакъалъулъ. Масала, базаралда йичарулей Алияца бицунеб буго полициялъ малалги ран, бид вецIцIизегIан вуханила МухIамад МухIамадов. Гьеб бихьанила ХIалиматидаги гьелъул рос МухIамад Расуловасдаги. Гьединго цо бичIчIулареб къагIидаялда чIун рукIанила жалго полициялъулалги - дагъистанияз вухулев жидерго гьалмагъасе кумекгицин гьабичIого.

Сурав босулелъул гьев МухIамадицаги гIагарлъиялъги абулеб буго гьес дой яс инжит гьайичIин, инжит гьайизе хIалбихьун гурони. ЦIех-рехчагIаз рикIкIунеб буго гьаюнилан. МухIамадов МухIамадги гьесул гIагарлъиги Москваялъул «Матвеевский» базаралда хъарпузал ричулел рукIун руго. Гьей яс инжит гьайиялъул хабар баккидал, рачIун базаралдегун полициялъ микроавтобусалдаги рекIинавун вачун унев вукIун вуго МухIамадов МухIамад.

Гьанже щиб рес батунги вас къвативе вахъизе хIадурлъулел руго МухIамадов Расулил эмен Муртайги гьесул хъизамги. ГьабсагIат жанир ругеб минаги бичун, зодикьги рукIун гIумру тIамизе кканиги, гIарацги данде гьабилин, Европаялъул диваналдеги хъвазе бугин жинца гIарзаян бицана гьес. Гьединго Муртай цIакъ ракIхварав гIадин вугоан я гIагарлъиялъул рахъалдаса, я цогидаб бакIалдаса лъицаниги къасд гьабичIин жидее кумек гьабизе, хIатта кумек гьарун живго аскIове индал кIоларин жинда гьеб гьабизе, гьеб тIасанхун бугеб хIукму бугилан кумекалъе инкар гьабун буго гьесие живго Болъихъ мухъалъул нухмалъулесги.

XS
SM
MD
LG