МагъчIваялъе рес

Ва бана… горо


Унсоколо мухъалде бана горо
Унсоколо мухъалде бана горо

Исана апрелалъул ахиралда ккун букIараб цIороялъ пихъидаса махIрум гьарурал мухъазда гьоркьоб букIана Унсоколо мухъги. Амма гIадамазул анищ букIана пихъ гьечIониги хургIаги бачIине батилин абураб. Гьеб анищги гIададисеблъун ккана. Гьал къоязда Унсоколо мухъалде бараб горо-цIералъ гъутIбузда хутIун букIарабги хвезабуна, хуринисан бачIиналде букIараб анищги хIорго хутIизабуна.

Унсоколо мухъалде бараб горо-цIералъ тIубан пихъниги хур-херниги хвезабун буго. Унсоколо, Рихьуни, Балахьуни, ХъахIабросу, ГIашилтIа, Генуб гIадал росабалъ гIадамазул минабазул тIохазда ккураб шиферцин бекиялъул хIужабиги ккана, рукъзабахъе лъим кIанцIун зарал гьабурал бакIалги лъугьана. Гьадин бицана гьал къоязда Унсоколо мухъалде горо баялъул хIасилалда ккараб заралалъул бицунаго рехсараб мухъалъул администрациялъул хIалтIухъан МухIамадов Сулейманица ва гьеб мухъалда бугеб гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялъул идараялъул нухмалъулев Къебедов МухIамадрасулица.

Унсоколо мухъалъул администрациялъул хIалтIухъан МухIамадов Сулейманица бицана, масала, жиндирго рукъалда цебе бугеб пастIаналъуб бахъун чIараб хIуби тун батияб жо гурони хутIунго гьечIила.

МухIамадов Сулейман: «Помидор-охцер букIа, цIоросаролъ букIа, кинабго хвезабун буго. ГъутIбузда тIамахцин хутIун гьечIо, гIодобе гъинабун. Куракин абураб жо инсана гъутIбузда хутIунцин гьечIо».
МухIамадов Сулейманица бицухъе, исана апрелалъул ахиралда магIарул мухъазда, гьездаго гьоркьоб Унсоколо мухъалдаги ккун букIараб цIороялъул хIасилалда пихъидаса махIрум гьарун рукIарал гIадамал, гьанже бараб гороялъги тIубанго хурзабахъ бекьун букIаралдасаги махIрум гьарун хутIун рагIула.

ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялъул Унсоколо бугеб идараялъул нухмалъулев Къебедов МухIамадрасулица бицухъе, хасго кIудияб зарал ккун рагIула Унсоколо ва Рихьуни росабазул гIадамазе.

Къебедов МухIамадрасул: «Унсоколо, Рихьуни росабазул гIадамазул рукъзабахъе кIанцIана лъим. Унсоколобе 40-45 минуталъ бана цIер. ГьедигIанасебго заманаялъ Рихьунибеги бана. Минабазул тIохда ккураб шифер гъуриялъулги хIужаби ккана, хурзалгун ахал хвезаруна.

ЭР: «Администрациялъ, хIукуматалъ зарал ккаразе кумек гьабиялде божиго бугищ»?

Къебедов МухIамадрасул: «Нижеца киса-кибего лъазабуна, хьул бугоха гьез кумек гьабилин абураб».

ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялъул Унсоколо мухъалда бугеб идараялъул нухмалъулес бицухъе, горо баялъул хIасилалда битIахъе гIодоб бакI гIаздаца бахчараб гIадин хъахIлъун букIун буго. Гьединаб зарал гьабун бугониги ансадерил цо-цояз бицухъе, хIукуматалдасан кумек щвеялде божилъи рагIуларо. Цебесеб анкьалда ЧIарада мухъалде бараб гороялъги кIудияб зарал гьабуна гьеб мухъалъул гIадамазе. Амма ЦIуриса жамагIатчи ГIабдулхаликъов МухIамадица бицухъе, кумек гьабейилан кирего кIалъан гьечIо гьел, гьединаб кумек гьабулареблъиги бичIчIун.

ЦохIо Унсоколо мухъалда гуребги горо-цIералъ лъикIаланго кьаби щвезабуна Гумбет мухъалъул цо-цо росабаздаги. Масала, Гумбет мухъалъул Игьалиса ГIабдурахIманов Магьдица бицухъе, битIахъе росдада кьаби щвезабичIониги гIурумухъккун бараб цIералъ хвезабун буго гьенибги пихъги хур-херги.

ГIабдурахIманов Магьди: «Росулъехун гIемер кутак гьабичIо, амма гIурумухъчIван бараб гороялъ гъотIода тIад тIамахго тун гьечIо. БитIахъе хоно-хоно гIадинабги букIана балеб горо.
Сон ниж ун рукIана каругIаги щвелародай кваназейилан абун, гьеб кисаха щвелеб гъутIбузда тIамахцин тун батичIо».

Игьалиса ГIабдурахIманов Магьдица бицухъе, гьедин чIахIияб ва хехаб горо-цIер бараб заман букIинецин букIичIин абулеб бугила харабацацин.

ГIашилтIа росдал бегавул МухIамадов МухIамаднурица бицухъе, гьеб росулъги хутIун рагIуларо горо пихъил. Ккараб зарал бецIилародайин хIукуматалъилан абураб хьул бугила гIадамазул.

МухIамадов МухIамаднур: «Нижеца ккараб заралалъул тIадал идарабазда лъазабуна. Амма кумек гьабиялде хьулго гьечIо. Щайгурелъул, апрелалъул ахиралда цIорой ккедал хIукуматалъул рахъалдасан жаваб бачIана кумек гьабуларин абураб».

Унсоколо, Рихьуни, ГIашилтIа ва цо-цо цогидалги росабазе гIанасеб зарал гьабичIониги лъикIаланго куцалда цIер бана Генубеги. Гьеб росдал бегавул МухIамадов АлясагIица бицухъе, исана цо горо хутIун рагIула пихъил. Пихъидасан бетIербахъи гьабурал чагIи генал ругелъул, исана лъикIаланго рачел къазе ккезе бугин кIалъана гендерил бегавул.

XS
SM
MD
LG