МагъчIваялъе рес

Политковскаялъул ишалда сверун диваналъул хlукму


Анна Политковская чIваялъул иш. (квегlиса-квараниде) МахIмудов Ибрагьим, Лом-ГIали Гайтукаев, МахIмудов ЖабрагIил, МахIмудов Рустам ва ХIажикъурбанов Сергей. Москва шагьаралъул диванхана
Анна Политковская чIваялъул иш. (квегlиса-квараниде) МахIмудов Ибрагьим, Лом-ГIали Гайтукаев, МахIмудов ЖабрагIил, МахIмудов Рустам ва ХIажикъурбанов Сергей. Москва шагьаралъул диванхана
Москва шагьаралъул диванханаялъ итни къоялда гIумруялъго жанир тIамизе хIукму къотIана Чачаналдаса МахIмудов Рустамие ва Лом-ГIали Гайтукаевасе. Гьа бараз гьезул цояв рикIкIун руго журналист ва инсанасул ихтиярал цIунулей Анна Политковская чIваялъул такъсир гIуцIарав чилъун цогияв гьей чIварав чилъун.
Диванаханаялда цеве эхетун вукIарал жеги лъабгоял-МахIмудов Ибрагьимие, МахIмудов ЖабрагIилие ва милициявлъун вукIарав ХIажикъурбанов Сергейие кьун руго кьварараб низамалъул туснахъалъул 12, 14 ва 20 сонал. Гьедин лъазабулеб буго РАПСИялъ.
Гьелде тIадеги диванханаялъ гIайиб гIунтIизабулезда тIад къотIун буго Политковскаялъул лъималазе 5 млн. гъурщил гIакIаги.
20 маялда гьа бараз къотIун букIана гьел киназдаго гIайиб бугин ва тIаса лъугьиналъе гьел мустахIикъал гьечIин абураб хIукму.
Гьеб иш унаго хисарал гьа баразул коллегиязул гьанжесеб буго лъабабилеб.
2008-2009 соназда Москваялъул мухъалъул рагъулаб диванаханаялда тIобитIараб процессалда гьел ритIухъ гьарун рукIана.
Россиялъул ТIадегIанаб диванаханаялъул Рагъулаб коллегиялъ гьеб хIукму нахъбахъун гьеб иш цIидасанги хал гьабизе тIадбуссинабун ва гьенисан гьеб Москваялъул шагьаралъул диванаханаялде щун букIана.
КIиабилеб процесс гьоркьоб къотIун букIана араб соналъул хасалихъе гьа баразул коллегия биххизабидал.
Гьаб соналъул авалалда байбихьун букIана цIиял гьа баралгун цIияб процесс.
Анна Политковская чIван йикIана 2006 соналъул октябралда Москваялда жиндирго рукъалъул кIалтIа. Гьей чIваялъе гIиллалъун цIех-рех гьабулез рикIкIунеб буго журналист хIисабалда гьелъул хIаракатчилъи. Амма гьей чIвазе тIадкъай кьурав чи жеги ватун гьечIо ва гьев щивалиги лъазабулеб гьечIо.
XS
SM
MD
LG