МагъчIваялъе рес

Унсоколо мухъалда горо-цIер бана


Дагъистаналда цIидаса бана чIахIияб горо-цIер. Гьанжесалалъ Унсоколо мухъалда. БакIалъулал гIадамаз гIарз гьабулеб буго, гьелъ кIудияб зарал ккезабунин хурхал-ахазейин.

Зарал ккезабун буго минабазул тIохазе ва автомобилазе. ГIадамаз абулеб буго горо-цIер букIанин цIулакьо гIадин кIудиябин.

БакIалъулал гIадамазул рагIабазда горо-цIералъул гьединаб кIудияб къадар ва кIодолъи жидеда цебе киданиги бихьун букIинчIин.
XS
SM
MD
LG