МагъчIваялъе рес

Ахты мухъалда автомобиль бортиялъе багьана кколеб буго квешал нухал


Ахты мухъалда автомобиль ккалахъе бортиялъе багьана квешал нухал кколин лъазабуна Жанисел ишазул министерлъиялъул нухлол полициялъул хинкъигьечIолъиялъул пропагандаялъул регионалияб идараялъ.

ЦIадал ран биччараб нухалда шоферасда бажарун гьечIин автомобиль хIинкъи бугеб бакIалдаса борчIизабизеян, лъазабун буго гьезул вакильзабаз «Кавказский узел» сайталъе.

6 июналда гьеб автомобилалда рекIун пачалихъияб экзаменалде унел рукIун руго цIалдохъаби ва мугIалимзаби.

Авариялъул хIасилалда хун вуго Фий росдал школалъул мугIалим ва директор. Цалдохъаби захIматго лъукъун руго.
XS
SM
MD
LG