МагъчIваялъе рес

Цоял хьулалгун, цогиял хьулкъотlун


Украиналъул Луганскалъул ракьалда гIумру гьабулеб буго 30 азарго бусурманчияс. Крымалъул бусурбабазул жамгIияталда хадуб, гьеб буго Украиналда бищунго кIудияб бусурбабазул жамгIият. Гьезда гьоркьоса 2000 чи вуго дагъистанияв ва гьел данде руго гьенир ругел сепаратистиял бербалагьиязде. Гьедин бицуна Луганскалда 35 соналъ вугев профессор дагъистанияв Рашидов Сейфуллагьица. Гьесго бицухъе, Луганскалда гlадамаз сепаратистазул рахъ кколеб буго кlудиял пенсиязде ва харжазде хьул лъун. Россиялде гъорлъе араб Крымалдаги иш гьедин гьечlин бицунеб буго Крымалдаса журналисталъ.

Дагъистаналда гIатIидго тIоритIулел рукIана Крым Россиялде гъорлъе бачиналдаса роххиялъул тадбирал. БукIана гьениб Крымалда тIобитIараб ва Украиналдаса батIа тIеялъул хIукму гьабураб референдумалъул хIасилазул жидеца рахъ кколин абулебцин тадбир.
Гьединабго магIнаялъул референдум тIобитIараб ва Россиялдехун цIайи къойидаса къойиде цIикIкIунеб Луганскалда ругел дагъистаниязе гьениб кколеб рекIее гIунгутIиялъул гIилла профессор Рашидов Сейфуллагьида бихьулеб буго Россиялда ва Дагъистаналда бугеб хIакъикъат гьезда Луганскалъул гIадамазде дандеккун гIемерго лъикI лъалеб букIиналъулъ.

Рашидов Сейфуллагь: «Дагъистаналдаса пенсионерал гьанир гьезего гьечIин абизе бегьула. Гьанир ругел дагъистаниял руго квеш-лъикI жидерго гIуцIараб магIишат бугел гIадамал. Гьезие цIакъ рекIее гIола Украиналъул нухмалъиялъул гьездехун бугеб бербалагьи.
Нилъеда лъалелъул Кавказалда ахIвал-хIал хIалуцараб букIин, гьединлъидал рес буго гIамазе гьеб конфликталде тIадруссине бокьун батунгутIиялъулги. Гьел руго цо-цо мехалда конфликталдаса лъутарал гIадамал ва конфликталде тIадруссине бокьилищха гьанже гьезие.
Дагъистаниял гIемер уна ватIаналде Россиялде. Гьезда цIакъ лъикI лъала гьениб бугеб ахIвал хIалги Москваялъул тIалъиялъул гьенир дандечIей гьабулел гIадамаздехун бугеб бербалагьиги».

Украиналъул машрикъалъул ва магърибалъул рахъалда Россиялдехун ва Магърибалдехун бербалагьи батIи-батIияб букIиналъул гIайиб политикиял партиязда ва политикиял къуватазда бугин рикIкIунеб буго профессорас ва щаяли гьадин баян гьабулеб буго.

Рашидов Сейфуллагь: «23 соналда жаниб Украиналда политикиял къуватаз магърибалдаго гIадин машрикъалдаги хIаракат абахъулеб букIана регионазда гьоркьор ругел батIалъаби рихьизаризе. Хасго гьеб загьирлъулеб букIана батIи-батIиял рищиязул заманаялда. Политикиял тIубарал партиял ва къуватал рукIана гьеле гьеб жо гьабулел.
Гьеб буго цо гIилла. КIиабилеб гIилла буго гьаниб киса-кибего бугеб язихълъи. Масала Украиналъул пенсионерасе щола моцIрое 1050-1100 гринвалда бащадаб пенсия, гьеб буго 4000 гъурущ гIанасеб гIарац.
Лъабабилеб гIилла буго коррупция. Язихълъиялъ къадада кIал чIвараб халкъ лъиданиги божулеб гьечIо. Гьел божулел гьечIо Киевалъул нухмалъиялда ва гьанже бугеб цIияб нухмалъиялда.
Гьеле гьел ругин рикIкIуна дица жакъа Украиналъул машрикъалда бугеб кризисалъул гIиллаби».

ЭР: Коррупциялдаса ва язихълъиялдаса рорчIизе бокьун батани Луганскаялъул гIадамаз бер щайха экономикияб рахъалъ гIемерго цебетIураб Магърибалдехун лъечIого гьел проблемаби дагьалги гъваридаб Россиялда лъун бугеб?

Рашидов Сейфуллагь: «Буго гьаниб гьединаб жоги. Цо ахирисеб моцIалда жаниб гIадамазул бербалагьиял кутакалда хисанин абила дица. МоцI цебецин кинаб рахъалдехун хьетIилелали лъаларого рукIарал гIадамал кьолболъанго хисун руго гьанже. Щайгурелъул Москваялъул пропагандаялъ ва Россиялъул прессаялъ гIадамазул гIадазул нах хисизабун бугин абила дица. Россиялъул информалатаз кьолеб буго тIубанго хIакъикъаталде данде кколареб баян. Гьале гьабсагIат гьанир руго пуланал лъугьа-бахъинал. Дида лъала гьел кир унел ругелали. Гьенир гIахьаллъулел гIадамаз телефоналдасан дие бицунебги буго гьениб лъица щиб гьабулеб бугебали. Амма Россиялъул информалатаз бицунеб буго "Кваранаб секторалъ" Луганскалда Россиялъул рахъ кколелгун рагъулаго гьабичIеб жо толеб гьечIин. Нижер мажгит буго гьел лъугьа-бахъинал кколеб бакIалда аскIоб. Россиялъул информалаз бицунелде дандеккун кьолболъан батIияб букIуна цо-цо мехалда лъугьа-бахъин».

ЭР: Москваялъул пропагандаялъ Украиналда сепаратистиял бербалагьиял цIикIкIиналъе жиндирго иш гьабулеб бугин рикIкIунеб буго Рашидовас.

Рашидов Сейфуллагь: «Луганскаялда Россиялдехун цIайи цIакъ цIикIкIараб буго интеллигенциялда гьоркьобцин. ЦIалул тIадегIан идарабазда хIалтIулел мугIалимазул цIикIкIунисезцин кколеб буго Россиялъул рахъ. Гьезулги цIикIкIунисел руго этникиял гIурусал. Ратила гьезда гьоркьор украиналъулалги, амма гьелги гIуруслъарал жидерго миллияб хаслъи билизе тарал украинал. Узухъда, мухIканал баянал дихъ рукIинищха, гьел рукIине ккани мухIканаб цIех-рех гьабизе кколелъул».

ЭР: Рашидовасул пикруялда рекъон, Луганскаялда референдумалда гIахьаллъизе ва Россия Укрианалдаса бокьизе халкъ тIамулеб аслияб гIиллалъун язихълъи буго.

Рашидов Сейфуллагь: Кин бугониги дида кколеб буго гьитIинаб пенсия щолел Укрианалъул пенсионерал Россиялда бугин бицунеб кIудияб пенсиялда хьулги лъун референдумалда гIахьаллъанин. Россиялда 15-20 азарго гъурущ пенсия кьолеб бугин ва жал референдумалда гIахьаллъанин нижер пенсияги гьединаблъун букIинейин абулеб букIана диде чанги пенсионераз».

ЭР: Нижехъе щварал баяназда рекъон, Украиналдаса батIа тIезабун Россиялде гъорлъе бачараб ва Россиялъул гъурщаздалъун харжалгун пенсиял кьолел ругеб Крымалда гIадамазе щолеб буго цебе гривназдалъун щолеб букIаралдаcа гIемерго цIикIкIараб гьечIеб гIарац-гъурщаздалъун. Гьеб хабар рагIун гьечIищ Луганскалъул пенсионеразда?

Рашидов Сейфуллагь: «Нижер гьаниб гьаб сагIат буго информация щвеялъул проблема. Гьелде тIадеги херал чагIазда лъаларелъул интернеталдаса пайда босизе. Нижер гьаниб цо-цо мехалда централияб Киевалъул тIалъиялъул информацияцин щоларо.
Дица абила Украиналъул информалатазги кидаго битIараб информация кьоларин. Гьаниб аслияб къагIидаялда кинабго цояз цогиязе рицунел харбаздасан лъалеб букIуна. Масала, машгьураб интернет газета "Украинаская правдаялъ" дагьаб цебегIан лъазабулеб букIана Луганскалде 2500 чачанав вачIун вугин. Дица рикIкIуна гьебги гьереси бугин. Амма гьаниб россиялъул информалатазул асар цIакъго цIакъ кIудияб буго ва гьездаса информация щвеялъул масъалаги гIемерго бигьаяб буго».

Россиялъ аннексия гьабураб Крымалда гIумру гьабулел ругел гIадамазул тIоцересел моцIазда букIараб роххи, гьеб букIун батаниги, жакъа къоялде рукIа-рахъиналъул проблемаби цIикIкIиналъ пашманлъиялде сверулеб бугин бицана Эркенлъи Радиоялъе Крымалдаса журналист Нажия Фемица.

Нажия Феми: «Крымалда референдум гьабун хадуб тIоцересел къоязда гьанже ахирги жал рокъор ругин абулел гIадамал гIемер рукIана. Гьезул букIинчIо официалиял информалатаз бицен гьабулеб 97%, гьеб гIемерго дагь букIана, амма гьеб заманаялда роххарал гIадал гIемерал рукIана. Амма рукIа-рахъиналъул проблемазда дандчIван хадуб гьеб роххел гIодоцунеб буго. Гьаниб буго банказул коллапс. Крымалда рукIарал Украиналъул банкал нахъе ана, Россиялъулал рачIинчIо-санкциязукьа хIинкъун. Гьанир ракIкIулел руго гьитIи-гьитIинал банкалги гьезул филиалалги. Гьезухъе чIарал гIадамазул читIиразулги лъугIелго букIунаро.
ГIадамазул гIарац хутIун буго Украиналъул банказда цIорозабун ва гьеб босизе гьанже кинаб букIаниги ресги гьечIо.
Гьелде тIадеги лъалаго хиралъул руго кванил нигIматал. Гьел росизе гIадамазул гIарац гьечIо. Гьаниб кьолеб бищунго дагьаб харж Украиналда кьолелдаса дагьаб буго. Цин гIадамазда ккун букIана Россиялда гIадин анцI-анцIазар гъурущ кьезе бугин жидеейин, амма хIакъикъаталда иш гьедин гьечIо. Пенсиял цIикIкIинаруна цин 25 хадуб 50 проценталъ. Амма цIикIкIинабуниги гьеб 7000 гъурщиде бахунеб гьечIо. Гьелде тIадеги кинабго хиралъул букIин хIисабалде босараб мехалда, гьелде бачIунеб жого батуларо.
Крымалда курортазул сезон байбихьун буго гьанже, амма гьаниве хIухьбахъизе вачIунев чиго гьечIо. ГIурус туристал гьезего гьечIо. Петерал чIорого руго. Ругелги дагьал туристал, кигIан гIажаиблъи гьабизе кканиги, Украиналдаса руго. Гьанире хьвадун ругьунал ратилаха гьел. Гьел киналго масъалаби рихьун, дица абила, гIадамазул гIагали цIикIкIунеб бугин».

Нажиял рагIабазда рекъон, Симферополалда Россиялъул символика цIакъго гIемерлъун буго. Руго Россиялъул байрахъалъ автомашинабазда чIвалел чагIиги. Киса кирего, хасго Симферополалда, парпалел руго Россиялъул байрахъал. Гьанже Крымалъул школазда щибаб къойил радал лъимал иргаялдаги чIезарун ахIулеб буго Россиялъул гимн. Гимн ахIи ахIунгутIиялъул суал школазул нухмалъияз жидецаго тIубалеб суал букIаниги, гьеб ахIизе хIукму гIемерал школазда гьабун бугин бицана Нажияца.

Лъалеб букIахъе, Россиялде гъорлъе лъугьиналъул суал гьоркьоб лъураб референдумалда гIахьаллъун рукIинчIо крымалъул татарал. Гьанже Крымалъул нухмалъиялде рачIарал чагIазул риторикаги татаразде данде букIараблъиги Крымалда лъиего балъголъи гурин бицана Нажияца.

Нажия Феми: «Крымалъул премьер-министрасул ишал тIуразарулев Сергей Аксёновасги Крымалъул парламенталъул спикер Владимир Константиновасги балъго гьабулеб букIинчIо жал татаразде данде ругел хIаракатчагIи рукIин. Гьединал нухмалъулелги рукIаго гьездаса щибниги лъикIаб жо бихьиялда хьул букIинчIо байбихьудасанго крымалъул татаразул.
Гьебго заманаялда Россиялъул президент Владимир Путинил ва Россиялъул цоги тIадегIанал хъулухъчагIазул каламазда байбихьуда загьирлъулел рукIана крымалъул татараздехун гьумер буссинабурал лъазабиял, позитивиял сигналал. Масала, бицен гьабулеб букIана реабилитациялъул къанун къабул гьабизе бегьиялъул. Амма хIакъикъаталда абуни иш гIакса буго. Жакъа крымалъул татарал жидерго ватIаналда кколел руго экстремистияб халкълъун. Украиналда рукIарал эркенлъабиги, ихтияралги, адабги гьанже нижер гьечIо».

Украиналда рукIарал эркенлъабиги, ихтияралги, адабги гьанже жидер гьечIоялъул рагIаби ритIухъ гьарун Нажияца бачана гьадинаб мисал.

Нажия Феми: «Исана 18 май крымалъул татаразе букIана цIакъ кIвар кIудияб къолъун. Гьеб къоялъ тIубана крымалъул татаразе депортация гьабуралдаса 70 сон. Щибаб санайил депортациялъул къурбанал нижеца ракIалде щвезарулаан Симферополалъул аслияб майданалдеги ракIарун, депортациялъул къурбанал ракIалде щвеялъул каламалги дугIаги гьабун. Гьениве вачIунаан 10 азаргоялдаса цIикIкIун чи. Исанаги ракIалда букIана гьединабго депортациялъул къурбанал ракIалде щвезариялъул тадбир гьабизе. Гьелъие киналго идарабаздаса изну босарал кагъталги рукIана. Амма гьеб тадбир тIобитIизе чанго къо хутIараб мехалда Крымалъул премьер-министрасул ишал тIуразарулев Аксёновас гъулбас лъола гьеб тадбир тIобитIизе гьукъараб амруялда гъоркь. Шагьаралъул аслияб майданалде щивго виччалев вукIинчIо. Сверун къан букIана гьеб. Гьелде тIадеги гьенир рукIаралгIан гIемерал россиялъул ярагъ борчарал къуватал идарабазул хIалтIухъабиги, рагъулаб техникаги нижеда гIумруялъ бихьун букIинчIо.

Крымалъул нухмалъиялъулги Украиналъул нухмалъиялъулги рукIана батIи-батIиял гьоркьорлъаби: лъикIалги квешалги. Амма кигIан квешал гьоркьорлъаби ругеб мехалдацин Киевалъ нижее гьукъун букIинчIо депортациялъул къурбанал ракIалде щвезаризе.

Крымалъул татаразда Россиялъ исана гьабуралъулъ бихьана жал хIакъир гьари. Цебе диалогалда нижер хьул букIун батани, 18 маялдаса хадуб гьеб хьул тIубанго къотIана ва гьелъ бихьизабуна тIалъиялъул крымалъул татараздехун бугеб бербалагьи.

Шагьаралда гьеб митинг гьабизе течIониги крымалъул татарал ракIарана шагьар тун бугеб авлахъалда. Гьениве вачIун вукIана 5000-гIанасев чи. Гьенибги гIадатияб куцалда каламалги, дугIаги гурони гьабулеб жо букIинчIо нижеца. Амма кIалъалезул гьаракь къинабун гьениб бакIарараб халкъалда тIасан роржарулел рукIана Россиялъул тирелоял. ЦIакъ гIодорегIан, гIадамал хIинкъизаризегIадин роржунел рукIана гьел. Амма ракIарараз гьещтIон, ахIдон жал хIинкъун гьечIолъи бихьизабулеб букIана гьезда. Крымалда дица чан сон баниги дида гьединаб гIадатияб халкъалде тIаде рагъулал тирелоял роржине риччараб жо бихьун букIинчIо».

Крымалъул цIияб нухмалъиялде крымалъул татаразул рахъалдасан вихьизавун вукIана кIиго вакил. Гьезул цояв Исламов Ленур тун вукIана вице-премьерлъун, депортация гьабурал халкъазул комитеталъе нухмалъи гьабулеб буго Смирнов Заурица.
Исламов вуго Россиялдаги Крымалдаги бизнесги бугев медиамагнат. Крымалда гьесул буго телеканалги, интернет-операторги, кIиго радио-каналги.
Гьев вице-премьерлъун толеб мехалда Константиновас абун букIана Исламов компетенция бугев чи хIисабалда толев вугин гьеб хъулухъалдайин. Амма чанго къо цебе Исламовасда гунтIизабун букIана жинда тIадкъараб хIалтIи бажарунгутIиялъул ва крым-татаразул мажлисалъулгун, хас гьабун МустIапа Джамилевасулгун, бухьенал рукIиналъул гIайиб. Крымалъе Россиялъ аннексия гьабиялде данде рагьун кIалъарав татаразул цевехъан Джамилев МустIапае гьукъун буго Крымалде вачIине гьениб гьесул рукъ букIаниги.
Гьанже Исламовасул бакIалда тун вугин мажлисалде данде жиндир бербалагьи букIин лъалев Руслан Бальбек. Гьес нухмалъи гьабулеб букIанин гIолохъабазул гьитIинабго идараялъе ва гьеб мажлисалъе оппозиция бугин бицана Крымалдаса журналист Нажия Фемица. Гьелъ бицухъе, Бальбекил хIакъалъулъ лъалеб жо буго гьев гIолохъанав чи вукIин, гIарцуда сверун цо махинациязда гьев гIахьаллъун вукIин ва Туркиялда гьесда тIад такъсир гьабиялъул иш рагьун букIин.
Гьанже гIадамазул нухмалъиялда божилъи холеб бугин ва метерисеб къоялда хIинкъи баккулеб бугин бицана Нажияца. Гьеб бихьулеб бугин жидерго магIишаталдехун гьезул бугеб бербалагьиялдасайин.

Нажия Феми: «Цоцазда гьоркьоб нижеца махсароцин гьабула «пастIаналъул индексалда» хурхун. Крымалда гIадамал дагь-дагьккун рукIаниги ахирал соназда бечелъулел рукIана. Гьез пастIанги бекьулароан. Гьез гьенир берцинлъиялъе тIугьдул гIезарулаан. Щай гьабгощинаб ракь чIобого тун бугебин гьикъараб мехалдаги гьез абулаан хасалие картошкадал цо таргьайищ жинда босизе кIвеларебин. Гьанже абуни, гьедин гаргалел рукIараз кесек течIого рекъун руго пастIаби. Гьанже щай гьаб бекьарабин гьикъараб мехалда гьез абула метер щиб букIине бугебали щибин лъалебин, пастIан бекьун бугони ракъунгIаги хутIиларин».

Россиялъ аннексия гьабуралдаса Крымалда тIад цин чIечIого роржанхъилел ругин рагъулал тирелоял ва бащдабчIинкIиллъиялда ругин киданиги гьенир рукIинчIелгIан гIемерал аскариял. Гьел гьенир щибулел ругин абураб суалалъе журналистазецин жавабги щоларин бицана Крымалдаса журналист Нажия Фемица Эркенлъи Радиоялъе.
XS
SM
MD
LG