МагъчIваялъе рес

РухIаниги рухIаниялги


Ираналъул президент ХIасан РухIани.
Ираналъул президент ХIасан РухIани.

Дагьалъ цебе Ираналъул президент ХIасан РухIаница абуна гIадатиял гIадамазул гIумруялъулъ пачалихъалъул гъорлъе жубай данде кколареб иш бугин. Гьеб гьесул каламалъ кIудияб дагIба-къец багъаризабуна жамгIияталда. Бегьулищ инсан хIалица алжаналде витIизе абураб суалгун гьоркьоб.

Ираналъул Исламияб инкъилабалъул рухIияв цевехъан аятоллагь Хомейни хваралдаса къоло щуго сон ун хадуб диниял хIаракатчагIазда кIоларо цокIалаб пикруялде рачIине жидеца гIадатиял гIадамазул гIумруялъе кигIан кIудияб асар гьабизе кколебали абураб суал дандбалаго.

Аслияб диниял консерваторал кьварараб дандечIей гьабулеб буго гIодове виччарав президент ХIасан рухIанил политикаялде. Гьаб нухалъ дагIба багъарун буго алжаналде унеб нух абураб ишкалалда сверухъ.

ГIадамазда тIадаллъун гьарурал ишазда гъорлъ буго, мисалалъе босани – дресс-код. Ай Ислам-диналъул къагIидаялъ ретIел ретIи. Араб моцIалъул ахиралда жамгIияталда цеве вахъун, Ираналъул президент ХIасан РухIаница абуна, гIадамазде диниял хIаракатчагIаз ва пачалихъалъ гьабулеб тIадецуй ва гъозул гIумруялъе гьабулеб асар дагьлъизабизе кколин.

«Риччанте гIадамаз хIухь бахъизе. ГIадамазул тIалаб-агъаз гьабизе ккола, гъозул гIумруялъулъ гьедегIан кьварараб къагIидаялъ гъорлъе жубазе бегьуларо. Нижеда кIоларо гIадамал алжаналде ритIизе хIалица», - ян абуна ХIасан РухIаница.
Youtube сайталда загьирабураб гьеб видеоялда бан, гIемерал комментариял гьаруна гIадамаз. Гьединал комментариял 25 маялда гьединго къватIире риччана «Кайхан» абулеб ультра-кьварараб газетаялъги.

Гьеб гуребги 30 маялда букIараб рузманалда рухIанияз какана Ираналъул президентасул тIадехун рехсараб калам.

Тегераналда букIараб рузманалда аятоллагь АхIмад Хатамица абуна, гIадамал алжаналдехун ритIи – пачалихъалда тIадаб бугеб иш кколин. Гьелда релъараб къимат кьуна Мешхед шагьаралда аятоллагь Аламолходацаги.

Жинцаги жиндир пикруцоязги кьварараб дандечIей гьабизе бугин зодихъе унеб нухда квал-квал гьабулезде. Къуваталдалъун гуребги – хIатта цIалалдалъун, ян абуна гьес.

Исламияб инкъилабалъул архивалъе кьучI лъурав ХIожатолисламицаги какана ХIасан РухIанил калам. «Щайдай бегьулареб тIил хIалтIизабун гIадамал зидихъе ритIизе? - ян абураб суал кьолеб буго гьес ва тIаде жубана, - гIемерал гIадамазул пикруялда гьеб битIараб иш буго ва диниял къанунал хIалтIизаризе ккола».

Диваналъул системалда тIад контроль гьабулел кьварараб политикаялъхул рахъ ккураз абулеб буго ираниязе гIурхъи гьечIеб эркенлъи кьуни – Ислам-диналъул къиматал хвезаризе рес бугин.

Ахирисеб чанго анкьида жаниб гьез ХIасан РухIаниде гьабулеб тIадецуй цIикIкIинабуна. 31 маялда живго президентас чIван къотIараб жаваб кьуна жиндирго оппонентазе. Гьес абуна ахираталда тIад чIечIого ургъел гьаби – гьеб гIадаллъи бугин.

ХIасан РухIани: «Цо-цоязул гьелда расги хурхен гьечIо. Гьел ккола хIалтIи гьечIел гIадамал, гьезул мания баккун буго, гьез абула жидеца дин цIунулулел ругин, гьез ахираталъул бицен гьабулеб буго гьаб динги доб ахиратги щиб кколебали лъаларого. Хасго гьез рахIат хвезабулеб буго»

Ираналъул атомияб программаялде гьабулеб тIадецуй дагьлъулеб мехалда цIикIкIунеб буго ХIасан РухIаница хIалтIизабулеб социалияб ва маданияб политикаялде гьабулеб тIадецуй.

Гюльноз Эсфандиари,
RFE/RL, Вашингтон.
XS
SM
MD
LG