МагъчIваялъе рес

В. Путин: «Россиялъул кинал рукIаниги рагъулал Украиналда гьечIо.»


Россиялъ Украиналъул машрикъалъул рахъалде киданиги жиндирго рагъулал ритIун рукIинчIин, лъазабуна Франциялъул информалатазе интервью кьолаго Россиялъул президент Владимир Путиница.

«Кинал рукIаниги рагъулал, кинал рукIаниги Россиялъул инструкторал Украиналъул жанубиябгун машрикъалъул рахъалда гьечIо.» - ян лъазабуна Путиница Франциялде иналда цебе журналистазул суалалъе жаваб кьолаго. Гьев гьениве унев вуго Дунялалъул кIиабилеб рагъул заманалда Нормандиялда Цолъарал Штатазул, Канадаялъул ва Британиялъул рагуъал къуватал рештIун 70 сон тIубаялда бан тIобитIулеб тадбиралда гIахьаллъизе.

Цолъарал Штатазул президент Барак Обамалгун гьоркьорлъабазул бицунаго, Путиница лъазабуна, жив хIадурав вугин гьесулгун диалог гIуцIизеян. Обамаги гIахьаллъизе вуго Франциялда тIобитIизесеб тадбиралда. Амма батIа чIараб гара-чIвари кIиявго президентасул планалда гьечIо. «Гьеб ккола гьесул, Обамал хIукму, дунни хIадурав вуго диалогалде». – ян абуна Путиница.

Гьелдаго цадахъ къватIисеб политикаялъул ареналда Вашингтоналъул гIуралъ агрессиявияб хьвада-чIвади бугин ва гьелъие гIоло тамашаго букIунин Цолъарал Штатаз Россиялъ киналалиго къанунал хвезарулел ругин гIайибал чIвалеб мехалдайин, жубана Россиялъул президентас.
XS
SM
MD
LG