МагъчIваялъе рес

Пекиналда тIоритIун руго хIинкъигьечIолъи щулалъизабиялъул тадбирал


Тяньаньмэн майданалда протест тIобитIулеб мехалда Китаялъул полициялъ нус-нус чи чIваралдаса 25 сон тIубаялда бан Пекиналда тIоритIун руго хIинкъигьечIолъи щулалъизабиялъул тадбирал.

Цолъарал Штатаз Китаялъул нухмалъи ахIана дол къояз хварал, ккурал ва акциялъул заманалда ва гьелда хадур кире ккаралали лъачIого тIагарал гIадамазда хурхун хIакъаб информация къватIиб чIвазабиялде.

ХъахIаб рукъалъул пресс-секретарь Джей Кернил лъазабиялда абулеб буго, Цолъарал Штатаз кидаго рахъ кколеб букIанин протесталда гIахьаллъулел рукIаразул эркенлъабазулин.

Карница Китай бецана ахирисеб 30 соналда жаниб социалиябгун экономикияб рахъалда щвараб прогрессалъе гIоло. Амма гьелдаго цадахъ, Пекин ахIана универсалиял ихтияразул ва гражданазул киналго эркенлъабазул гарантияби чIезариялде.
XS
SM
MD
LG