МагъчIваялъе рес

Россия бокьиялъе гlилла-язихълъи


Луганск, къватlазда рагъал, 2Июнь2014
Луганск, къватlазда рагъал, 2Июнь2014

Украиналъул Луганскалъул ракьалда гIумру гьабулеб буго 30 азарго бусурманчияс. Крымалъул бусурбабазул жамгIияталда хадуб, гьеб буго Украиналда бищунго кIудияб бусурбабазул жамгIият. Гьев 30 азарго чиясда гьоркьосан лъица лъил рахъ кколеб бугебали жинца абиларин, амма Луганскаялда гIумру гьабулев 2000 дагъистаниясул цонигияв Россиялъул рахъ ккураб митингалда гIахьаллъичIин бицана Эркенлъи Радиоялъе Рашидов Сейфуллагьица. Гьев вуго Владимир Далил цIаралда бугеб Машрикъалъул Украиналъул миллияб Университеталда педагогикиял гIелмабазул доктор ва конфликтолог. Гьес гьединго нухмалъи гьабулеб буго «Салам» абулеб Луганскаялъул бусурбабазул идараялъеги.

Дагъистаналда гIатIидго тIоритIулел рукIана Крым Россиялде гъорлъе бачиналдаса роххиялъул тадбирал. БукIана гьениб Крымалда тIобитIараб ва Украиналдаса батIа тIеялъул хIукму гьабураб референдумалъул хIасилазул жидеца рахъ кколин абулебцин тадбир.
Гьединабго магIнаялъул референдум тIобитIараб ва Россиялдехун цIайи къойидаса къойиде цIикIкIунеб Луганскалда ругел дагъистаниязе гьениб кколеб рекIее гIунгутIиялъул гIилла профессор Рашидов Сейфуллагьида бихьулеб буго Россиялда ва Дагъистаналда бугеб хIакъикъат гьезда Луганскалъул гIадамазде дандеккун гIемерго лъикI лъалеб букIиналъулъ.

Рашидов Сейфуллагь: «Дагъистаналдаса пенсионерал гьанир гьезего гьечIин абизе бегьула. Гьанир ругел дагъистаниял руго квеш-лъикI жидерго гIуцIараб магIишат бугел гIадамал. Гьезие цIакъ рекIее гIола Украиналъул нухмалъиялъул гьездехун бугеб бербалагьи.
Нилъеда лъалелъул Кавказалда ахIвал-хIал хIалуцараб букIин, гьединлъидал рес буго гIамазе гьеб конфликталде тIадруссине бокьун батунгутIиялъулги. Гьел руго цо-цо мехалда конфликталдаса лъутарал гIадамал ва конфликталде тIадруссине бокьилищха гьанже гьезие.
Дагъистаниял гIемер уна ватIаналде Россиялде. Гьезда цIакъ лъикI лъала гьениб бугеб ахIвал хIалги Москваялъул тIалъиялъул гьенир дандечIей гьабулел гIадамаздехун бугеб бербалагьиги».

Украиналъул машрикъалъул ва магърибалъул рахъалда Россиялдехун ва Магърибалдехун бербалагьи батIи-батIияб букIиналъул гIайиб политикиял партиязда ва политикиял къуватазда бугин рикIкIунеб буго профессорас ва щаяли гьадин баян гьабулеб буго.

Рашидов Сейфуллагь: «23 соналда жаниб Украиналда политикиял къуватаз магърибалдаго гIадин машрикъалдаги хIаракат абахъулеб букIана регионазда гьоркьор ругел батIалъаби рихьизаризе. Хасго гьеб загьирлъулеб букIана батIи-батIиял рищиязул заманаялда. Политикиял тIубарал партиял ва къуватал рукIана гьеле гьеб жо гьабулел.
Гьеб буго цо гIилла. КIиабилеб гIилла буго гьаниб киса-кибего бугеб язихълъи. Масала Украиналъул пенсионерасе щола моцIрое 1050-1100 гринвалда бащадаб пенсия, гьеб буго 4000 гъурущ гIанасеб гIарац.
Лъабабилеб гIилла буго коррупция. Язихълъиялъ къадада кIал чIвараб халкъ лъиданиги божулеб гьечIо. Гьел божулел гьечIо Киевалъул нухмалъиялда ва гьанже бугеб цIияб нухмалъиялда.
Гьеле гьел ругин рикIкIуна дица жакъа Украиналъул машрикъалда бугеб кризисалъул гIиллаби».

ЭР: Коррупциялдаса ва язихълъиялдаса рорчIизе бокьун батани Луганскаялъул гIадамаз бер щайха экономикияб рахъалъ гIемерго цебетIураб Магърибалдехун лъечIого гьел проблемаби дагьалги гъваридаб Россиялда лъун бугеб?

Рашидов Сейфуллагь: «Буго гьаниб гьединаб жоги. Цо ахирисеб моцIалда жаниб гIадамазул бербалагьиял кутакалда хисанин абила дица. МоцI цебецин кинаб рахъалдехун хьетIилелали лъаларого рукIарал гIадамал кьолболъанго хисун руго гьанже. Щайгурелъул Москваялъул пропагандаялъ ва Россиялъул прессаялъ гIадамазул гIадазул нах хисизабун бугин абила дица. Россиялъул информалатаз кьолеб буго тIубанго хIакъикъаталде данде кколареб баян. Гьале гьабсагIат гьанир руго пуланал лъугьа-бахъинал. Дида лъала гьел кир унел ругелали. Гьенир гIахьаллъулел гIадамаз телефоналдасан дие бицунебги буго гьениб лъица щиб гьабулеб бугебали. Амма Россиялъул информалатаз бицунеб буго "Кваранаб секторалъ" Луганскалда Россиялъул рахъ кколелгун рагъулаго гьабичIеб жо толеб гьечIин. Нижер мажгит буго гьел лъугьа-бахъинал кколеб бакIалда аскIоб. Россиялъул информалаз бицунелде дандеккун кьолболъан батIияб букIуна цо-цо мехалда лъугьа-бахъин».

ЭР: Москваялъул пропагандаялъ Украиналда сепаратистиял бербалагьиял цIикIкIиналъе жиндирго иш гьабулеб бугин рикIкIунеб буго Рашидовас.

Рашидов Сейфуллагь: «Луганскаялда Россиялдехун цIайи цIакъ цIикIкIараб буго интеллигенциялда гьоркьобцин. ЦIалул тIадегIан идарабазда хIалтIулел мугIалимазул цIикIкIунисезцин кколеб буго Россиялъул рахъ. Гьезулги цIикIкIунисел руго этникиял гIурусал. Ратила гьезда гьоркьор украиналъулалги, амма гьелги гIуруслъарал жидерго миллияб хаслъи билизе тарал украинал. Узухъда, мухIканал баянал дихъ рукIинищха, гьел рукIине ккани мухIканаб цIех-рех гьабизе кколелъул».

ЭР: Рашидовасул пикруялда рекъон, Луганскаялда референдумалда гIахьаллъизе ва Россия Укрианалдаса бокьизе халкъ тIамулеб аслияб гIиллалъун язихълъи буго.

Рашидов Сейфуллагь: Кин бугониги дида кколеб буго гьитIинаб пенсия щолел Укрианалъул пенсионерал Россиялда бугин бицунеб кIудияб пенсиялда хьулги лъун референдумалда гIахьаллъанин. Россиялда 15-20 азарго гъурущ пенсия кьолеб бугин ва жал референдумалда гIахьаллъанин нижер пенсияги гьединаблъун букIинейин абулеб букIана диде чанги пенсионераз».

ЭР: Нижехъе щварал баяназда рекъон, Украиналдаса батIа тIезабун Россиялде гъорлъе бачараб ва Россиялъул гъурщаздалъун харжалгун пенсиял кьолел ругеб Крымалда гIадамазе щолеб буго цебе гривназдалъун щолеб букIаралда бащадабго гIарац, амма гъурщаздалъун. Гьеб хабар рагIун гьечIищ Луганскалъул пенсионеразда?

Рашидов Сейфуллагь: «Нижер гьаниб гьаб сагIат буго информация щвеялъул проблема. Гьелде тIадеги херал чагIазда лъаларелъул интернеталдаса пайда босизе. Нижер гьаниб цо-цо мехалда централияб Киевалъул тIалъиялъул информацияцин щоларо.
Дица абила Украиналъул информалатазги кидаго битIараб информация кьоларин. Гьаниб аслияб къагIидаялда кинабго цояз цогиязе рицунел харбаздасан лъалеб букIуна. Масала, машгьураб интернет газета "Украинаская правдаялъ" дагьаб цебегIан лъазабулеб букIана Луганскалде 2500 чачанав вачIун вугин. Дица рикIкIуна гьебги гьереси бугин. Амма гьаниб россиялъул информалатазул асар цIакъго цIакъ кIудияб буго ва гьездаса информация щвеялъул масъалаги гIемерго бигьаяб буго».
XS
SM
MD
LG