МагъчIваялъе рес

Украиналъул президентасул инаугурация тIобитIизе буго 7 июналда


25 маялда иргудулал гурел рищиязда бергьарав Украиналъул президент Петр Порошенкол инаугурациялъул къолъун ТIадегIанаб Радаялъ бихьизабуна 7 июнь.

Гьеб къоялда гьа бан хадуб гьес официалияб къагIидаялда байбихьизе буго жиндирго хIалтIи.

Президентасул рищиязул официалиял хIасилал лъазаруна 2 июналда. Украиналъул Централияб рищиязул комиссиялъул хIисабалда, Порошенкое щвана гьаркьазул 55 гIанаб процент.

Гьесул гIагарисей конкурент йикIана Украиналъул экс-премьер Юлия Тимошенко. Гьелъие щвана гьаркьазул 13 гIанаб процент.
XS
SM
MD
LG