МагъчIваялъе рес

Славянкалда кьвадей халалъулеб буго


Донецк икълималъул Славянск шагьаралда «жалго цIуниялъул» абулел къуватаз минометаз ва гIарадабаз кьвагьулеб буго Украиналъул аскариязул чIел бугеб Карачун магIарде. Кьвагьараб щолеб буго гIадамаз гIумру гьабулел мухъаздеги. Зарал гьабун буго шагьаралъул азарханаялъе. Журналистазе гьедин бицун буго антитеррористияб операциялъул штабалъул вакил Владислав Селезневас. Гьес абуна сепаратистаз провокациял гьарулел рукIаниги жидеца ракълилал кварталазде кьвагьулеб гьечIин ва кьвагьизеги гьечIин.
XS
SM
MD
LG