МагъчIваялъе рес

МугIрузул росаби чIунтиларедухъ


Чlунтараб Гъамсукь росу
Чlунтараб Гъамсукь росу

Гьал къоязда Дагъистаналде ракIарун рукIана Россиялъул регионаздаса батIи-батIиял гIалимзаби. Гьез дандбалеб букIана аслияб суал букIана мугIрузул мухъал чIунтичIого рукIиналъе щиб гьабизе кколеб абураб. Улкаялдасаго гIалимзабазги росдал магIишаталъул хIалтIухъабазги бицунеб букIана доба Алтаялдаги, Уралалдаги, Чачаналдаги, Дагъистаналдаги мугIрузул росаби кинаб хIалалда ругелали.

Нилъеца мугIрузул ракьал цIунизе кколин гьезул маданиятгун экономика ва экологияги цIунунилан абулеб букIана гIалимзабаз. Гьединго гIадамал мугIрузул росабалъа гочинчIого рукIиналъе чIезаризе кколила лъикIал нухаздаса байбихьун интернеталде щвезегIан шартIал. Амма гьабсагIаталда гIумру гьабизе захIмат букIиналъ шагьаразде гIадамалги гочун, гIурабазде сверулел руго мугъзада баччун лъимгун умумуз хIалтIизарулел рукIарал хурзал. Ялъуни вачIун цо бечедав чияс жиндиего кIалгIа балеб буго гьениб. Гьединго рачIун гIатIиракьаздасагун гIадамаз гъурулел руго магIарухъ рохьал. БукIине кколедухъ кIвар кьолеб гьечIо гамачIги, салиги, чабахги бахъулел карьеразда хадуб. Гьез хвезабулеб буго экология.

Гьеб киналъулго бицана Гъуниб тIобитIараб данделъиялдаги. Гьенив гIахьаллъарав МуртазагIали МухIамадовас гьадин бицана ЭР-лъе.

МуртазагIали МухIамадов: «Шагьаралдаса жо босичIого тезелъун, росабалъ рацIцIадал нигIматал гIезаризе шартIал гIуцIизе кколин абураб хIукму гьабуна гьениб. Гьединго гIолилал магIарухъа гочинаредухъ, гьел дора чIезаризеги хIажат буго. Гьелъие гIоло гIи-боцIи хьихьизе, минаби разе хIукму ккана. ГIолилал шагьаралде рахъунел ругелъулха, гьенисаги ун, ватIаналдаса рикIкIалъулел руго. Гъуниб гьечIищха мугIрузулгун ботаникияб ах. Гьелъул кьучIалда даруял хурдул гIезарун, гьел ричизе бегьулинги абуна гьениб. Гьединабго бакI ЦIадахIарибги рагьулеб бугин абуна. Чанго миллиард гъурущги харж гьабун, даруял хурдул гIезарулеб бакI рагьун буго Гъизилюрталде унеб бакIалдаги. Амма магIарухъ гIадаб ракьги гьава-бакъги гьечIолъиялъ, гьелъ хIасил кьезе гьечIин бицана гIалимзабаз доб данделъиялда. БукIине кколедухъ гьеб рахъалъ хIалтIи гIуцIизе кIолел гIалимзаби нилъер анир ратичIони, къватIиса рукIаниги ахIун гьединал чагIигун, даруял хурдул, нигIматал гIезарулел бакIал Дагъистаналда рагьизе ракIалде ккана гьезда».

Дагъистаналда гIемер руго росаби умумулъанго цо хасаб махщалида тIад чIарал. Масала, гIарац-меседалъул устарзаби жанир ругеб Кубачи, ГьоцIалъ, гIертIал гьарулел устарзабаз гIумру гьабулеб ИчичIали, цIулада тIад накъищал рахъулеб Унсоколо росу ва цогидал. Гьанже дагь-дагьккун лъугIун-тIагIун унел руго гьел устарзаби. ГIолилал росулъа гочун шагьаразде унел руго. Масала, гьеб рахъалъ ГьоцIалъ бугеб хIалалъул бицана ЭР-лъе ХIасанил ПатIиматица.

ХIасанил ПатIимат: «Цебе тIагIалаби гьарулеб хIукуматалъул артель букIараб батани, гьанже гьеб къан буго, гьелъ чIунтун буго артель. ГIадамаз хIалтIи рокъо-рокъоб гьабулеб ва рокъосанго бичулеб буго. Гьедин хайирги дагьаб гурони гьечIо. Жибго гьабураб хIалтIиги хираго чIолеб буго. Артель хIалтIулеб мехалда гьенире гIемер чи вачIунев вукIун вуго экскурсиялде. Устарзаби хIалтIулел рукIун руго цIи-цIиял накъищазда тIад. Гьезие доб мехалда щолеб харжги кIудияб букIана школалда учителасе щолелдаса. Гьез гьарурал тIагIалабиги тIубараб улкаялда ричулел рукIун руго. Гьедин харжалги лъикIал рукIана устарзабазе, гIадамазе хIалтIизе бакIалги рукIана. Гьединго ГьоцIалъ букIана консервал гьарулеб заводги.

Лъабго смена гьабун хIалтIулаан гьенирги сверухъ ругел росабалъа гIадамал. Практикаялъ студенталги рачIунаан гьенире. Артельго гIадин заводги хIукуматалъухъ букIана гьанже, гьанже гьебги хасал чагIазул бетIергьанлъиялде кьун буго. Гьединлъидал заводалъул мина чIунтун буго. Практикаялъ рачIарал студентал рега-рахъунеб кIитIалаяб мина буго гьениб чIунтун. ХIукуматалъ кверги чIван, къватIир улкабаздаса раччичIого, кванил нигIматалги цогидабги гьанибго хIадуризе шартIал чIезарулелани лъикIаб букIинароанищха гIадамазе».

ГьоцIалъа ПатIиматица бицараб гIадабги ва Гъуниб букIараб данделъиялда рукIаралги кIалъаязул хIасилги гьабун, Гъуниб къабул гьабураб декларация Росссиялъул гIалимзабаз кьезе рагIула гьанжегIагар Шималияб Кавказалъул рахъалъ Россиялда гIуцIараб министерлъиялдеги.
XS
SM
MD
LG