МагъчIваялъе рес

ХIинкъичIони хIинкъизавила…


Хьаргаби мухъ
Хьаргаби мухъ

28 маялъул къаси Хьаргаби мухъалъул токалъул идараялъул нухмалъулесул кIалтIа кьвагьи бахъана. Гьелъул хIасилалда лъиениги зарал ккун гьечIо. Къуваталъул идарабазул баяназда рекъон гьев хIакимчиясе изнугьечIого яргъидгIуцIараз цере-цереги хIинкъалаби кьолел рукIун руго.

АрбагI къоялъул сардилъ Хьаргаби росулъ гьебго мухъалъул токалъул идараялъул нухмалъулев Мусаев МухIамадил рукъалъул кIалтIа кьвагьи бахъинабуна. Гьеб заманалда рокъов чи вукIун гьечIо, гьединлъидал лъиениги заралги ккун гьечIо. Къуваталъул идарабаз чIезабухъе кьвагьулеб алаталъул къуват бахун буго тротилалъул 70 граммалде. Кьвагьиялъул хIасилалда Мусаевасул ва аскIоб бугеб цойги минаялъул къадал тIе-тIезарун руго, гордал гъургъурун руго.

Дагъистаналъул жанисел ишазул хIалтIухъабаз лъазабулеб буго мухIканал гурел баяназда рекъон гьеб кьвагьи Мусаев хIинкъизавиялъе гIоло бахъинабун буго. Щай гурелъул гьелго мухIканал гурел баяназде рекъон гьесухъе цере-цереги чанго нухалъ изнугьечIого яргъидгIуцIараз гIарац тIалаб гьабун флешкаби рачIун рукIун руго. ЧанцIул гьел рачIаниги, Мусаевас гIинтIамичIого тун рукIун руго гьел, гьединлъидал гьев хIинкъизавизелъун гьабунин гьеб кьвагьийилан лъазабулеб буго низам цIунулез. Гьединго полициялъ абулеб буго гьев чIвазе къваригIун вукIаравани гьедигIан гьитIинаб жо кьвагьизабилароанила, хасго гьезул рокъов щивниги гьечIеб мехалда. ЧIвазе къваригIараб мехалда гьедин хIалтIуларила рохьилалилан.

Гьаб кьвагьи бахъинабилалда цебеги хIинкъалаби кьолел рукIун руго хьергебдерил токалъул идараялъул бетIерасе. Гъоркьисала октябралда гьесул рукъалда цебе чIезабураб автомобилалда гъоркь батун букIун буго Ф1 граната. Гьеб мехалда граната кьвагьилалде сапераз нахъе босун буго, лъиениги заралги ккун гьечIо.

Цебеялде дандеккун гьел ресалда ругел гIадамазда тIад магъалаби лъеялъул хIужаби дагьлъун руго, амма гьел магъалочагIаз жалго ругел бакI лъазабичIонги толеб гьечIо. Гьедин дагьаб цебегIан МахIачхъалаялъул Мурсаловасул къотIноб бугеб бизнесчиясул минаялда цебеги бахъинабуна кьвагьиги. Гьелъул хIасилалда рукъалъул бетIергьабазе зарал ккечIо, амма захIматал ругъналги щун лъукъ-лъукъана аскIосан унев вукIарав 40 сон барав чи.

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарялъул баяназда рекъон цересел саназде данде ккун исана рохьилаз бизнесчагIазда магъалаби лъеялъул хIужаби чанго нухалъ дагьлъун руго. Гьез кьурал баяназда рекъон 2012 соналде дандеккун 20I4 соналъ гьел флешкаби ритIи I0 гIан нухалъ дагьлъун буго.

Гьел цIех-рехчагIаз кьолел баянал тIубар ритIарал ратилин кколарин жиндидайилан бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Халкъазда гьоркьосеб кризисалъулаб къокъаялъул Россиялда бугеб бутIаялъул нухмалъулей ва инсанасул ихтиярал цIунулей Екатерина Сокирянскаялъ. ГIемерал саназ Кавказалда хIалтIарай, Сокирянскаялъ рикIкIунеб буго Дагъистаналъул нухмалъуде ГIабдулатIипов Рамазан вачIун хадуб гьеб цIияб нухмалъиялъе къваригIун бугила Дагъистаналда экстремизмги дагьлъанила, гьаниб тIегьалеб гьайбатаб республика бугин чIезабизе. Гьединлъидал журналистазе рукIине кколел баянал кьолел гьечIила къуваталъул идарабазги, республикаялда лъугьунеб толеб лъикIабгуреб щинаб бахчизе къваригIун бугила Дагъистаналъул бетIерлъиялъе. Амма гьеб якъинаб жо бахчизе лъугьиналъги, цебеялде дандеккун цIакъго кьварун изнугьечIого яргъидгIуцIаразде данде къеркьезе лъугьиналъги, халкъалъул дагьабги ццинги дандечIейги цIикIкIинабулеб бугилан.

Екатерина Сокирянская: «Дир пикруялда рекъон бищунцIакъ хIинкъи цIикIкIараб ишлъун буго цIияб нухмалъиялъ Дагъистаналда изнугьечIого яргъидгIуцIаразде данде кьварун къеркьезе лъугьин ва республикаялда цIакъго хехго динияб сиясат хисизаби. ГIабдулатIипов нухмалъиялде вачIун хадуб МухIамадов МухIамадсаламил заманалда гIуцIун рукIарал изну гьечIого яргъид гIуцIарал ракълилаб гIумруялде ахIулеб комиссия къана, хасал операциял тIоритIулеб мехалда, гьенир ругел изнугьечIого яргъидгIуцIаралин рикIкIунел кверде рачIайингицин абичIого чIван реххулел руго. Цере гьенире эбел-эменги инсанасул ихтиярал цIунулелги риччалаан, гьанже гьел аскIоре къазецин риччалел гьечIо.

Гьедин кьварун изнугьечIого яргъидгIуцIаразде данде къеркьеялъ лъикIаб хIасил кьоларо киданиги. Гьедин чIван гьел гIадамалги лъугIуларо, гьеб къагIидаялъ дагьабги гIадамазул ццин бахъинабула, тIалъиги къуваталъуд идарабиги рихинарула. Дида бичIчIула статистикаги кьун хIисабалги церелъун Дагъистаналъул тIалъиялъе Россиялъул нухмалъиялда берцин рихьизе жал гьаризе къваригIун букIин, амма гьеб къагIидаялъ хIалтIулел ругони республикаялда бугеб ахIвал-хIал дагьабги хIалуцин гуреб тIокIаб батIияб жо ккезе гьечIо. Дагьабги гьеб ахIвал-хIал хIалуцинабула ва гIадамал цоцалъ разарула, ахираб заманалда гIуцIулел ругел жидеего бокьун гIадлу-низам цIунизе рахъунел къокъабазги».

Гьаб гIагараб заманалд гьел жидеего бокьун гIадлу-низамалда хадур халкколел къокъабаби, ай дружинаби гIуцIизехъин руго Гъуниб мухъалда. Гьелъие гIиллалъул ккана ахираб заманалда гьеб мухъалда изнугьечIого яргъид гIуцIарал гIемерлъи ва бакIалъул гIадамаз гьезде данде къеркьеялъулъ полициялъе кумек гьабизе бокьи. Экспертаз гьел дружинаби гIуцIиялъ лъикIалде рачунарилан рикIкIунеб буго, гьез гIадамал цоцалъ разари гурони тIокIаб жо кьезе гьечIилан.
XS
SM
MD
LG