МагъчIваялъе рес

ТIалибал разиял гьечlо Америкаялъул аскариял улкаялда хутlиялдаса


ТIалибаз какулеб буго исана соналъул ахиралде Афгъанистаналдаса халкъаздагьоркьосеб коалияциялъул аслиял къуватал нахъе рачараб мехалдаги гьенив 10 азаргогIан аскарияв тезе Америкаялъ гьабураб хIукму.
ТIалибаз гьелда абулеб буго оккупация халат бахъинабиян ва тIадеги жубалеб буго гьелъ улкаялъул суверенитетги, динияб низамги, инсанасул ихтияралги хвезарулел ругин.
Президент Барак Обамаца талат къоялда лъазабуна 2015 соналда жаниб аскариязул гьеб къадар бащадалъ дагьлъизабизе бугин ва хадусеб 2016 соналда гьел гьениса тIуранго нахъе рачине ругин.
XS
SM
MD
LG